Аслияб гьумералде

Божилъи гьабураб тIубазаби

Божилъи гьабураб тIубазаби

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

 

Хириял диналъул вацал ва яцал! ГӀемермиллатазулаб ва гӀемерконфессиялъулаб Россиялъул хӀурматиял гӀадамал!

РакӀ-ракӀалъулаб рохелгун ва хӀинкъигун баркула нужеда баракат бугеб Рамазан моцӀ тӀаде щвей — кӀал биччаялъул, Къуръаналъул, гурхӀел-рахӀмуялъул ва мунагьал чуриялъул моцӀ. Гьеб ккола ТӀадегӀанав Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьураб хасаб заман, рухӀияб рахъалъ бацӀцӀадлъиялъул, ракӀбацӀцӀадго тавбу гьабиялъул, иман щулалъиялъул, яхӀ-намус борхизабиялъул заман.

Биччанте Рамазан букӀине нилъер щивасе маслигӀаталъул, гурхӀел-рахӀмуялъул, цогидазул ургъел гьабиялъул ва хъизамалъул бухьенал щула гьариялъул заманлъун, къварилъиялда ругезе, бесдалазе, рес гьечӀел гӀадамазе кумек гьабулеб мехлъун.

Гьаб хирияб моцӀалъ хасаб дугӀа гьабулеб буго жакъа, хасаб рагъулаб операциялъул зонаялда жидерго борч тӀубазе ун цебесеб кьерда ругезе. ТӀадегӀанас цӀунеги нилъер рагъухъаби, кьеги гьезие къвакӀи, бахӀарчилъи, лъикӀаб хӀасил, кинабго квешлъиялдаса цӀунеги, гьезул хъизанал сабруялдалъун ва лъикIаб хIасилалде хьулалдалъун щула гьареги.

Рамазан моцӀалъул баракат щибаб рокъобе рещтӀаги, ракӀал иманалъул нуралъ цӀезабеги, нилъер ракьги рекъелгун, рекъелгун, цоцазул адаб-хӀурматгун цӀезабеги. Ккураб кӀалги, бараб какги, гьабураб лъикӀаб гӀамалги Аллагьас къабул гьабеги. Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...