Аслияб гьумералде

Тохтурзабазул баркала

Тохтурзабазул баркала

ХIурматияв ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдуллаев!

МахIачхъалаялъул Сепараторазул поселокалда бугеб №8 поликлиникаялъул тIолабго коллективалъул, гьединго, киналго унтаразул ва нижехъе рачIунезул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго дуе, дур тIадегIанаб рухIияб хъулухъалъухъ, иман лъуразул къваригIелазде кIвар кьолеб букIиналъухъ, нижер поликлиникаялъул сверуда какил рукъ гьабизе дуца гьабураб кумекалъухъ.

Нижер медучреждение ккола шагьаралда бищунго кIудиязул цояб. Гьеб рахъалъ нижер хIалтIухъабазда ва гьенире рачIунезда гIемер дандчIвалаан хIалтIул заманалда как баялъул масъала. Нижецаго байбихьун букIана гIарац бакIаризе ва гьитIинабго как балеб рукъ гIуцIизе, амма нижер гьединаб гъира букIин лъайдал, нужеца бихьизабуна гьеб лъикIаб иш нужедего тIаде босун унго-унгояб бахIарчилъи ва цогидазул тIалаб-агъаз гьабиялъулаб бербалагьи.

ХIакъикъаталдаги, нужеца гьеб иш тIаде босаралдаса, нижер клиникаялъе унго-унгояб берцинаб, киналго санагIалъаби жанир чIезарураб какил рукъ щвезе гIемераб заман къваригIинчIо. Гьенир руго как базе хIажаталщинал санагIалъаби: бихьиназеги руччабазеги батIи-батIиял рукъзал, какичурулеб бакI, лъабго хIажатхана гьездаго гьоркьоб сакъатал гIадамазе хасабги.

ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабеги гьеб, дунялалдаги ахираталдаги нус-нус нухалъ цIикIкIун кириги гьабеги. БетIергьанас мун цIунаги, сахлъи щула гьабеги, халатаб гIумру кьеги. Амин!

КIудияб хIурматгун, №8 поликлиникаялъул хIалтIухъабигун гьенире рачIунел.

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...