Аслияб гьумералде

Щивго кIочон гьечIо...

Щивго кIочон гьечIо...

Чупалаев Абубакар гьавуна 1913 соналъ Буйнакск районалъул Дурангъи росулъ. Хадур балагьун хъизамги тун, 1941 соналда Абубакар ана рагъде, хирияб ватIан цIунизе.

 

Гьес гIахьаллъи гьабуна Белоруссия, Венгрия, Прага, Украина ва Чехословакия эркен гьабиялъе гIоло ккарал рагъазулъ. Гьесул рекIелъ бищунго асар хутIараблъун ккана Курскиялъул горсверуда букIараб рагъ.

1945 соналда Абубакарица гIахьаллъи гьабуна Берлин бахъиялъе гIоло гьарурал рагъазулъги.

Абубакарил каранда бана «Багьадурлъиялъе гIоло» медаль, «За освобождение Белоруссии», «За освобождение Венгрии», «За освобождение Украины», «За Прагу», «За взятие Берлина» медалал.

Рагъ лъугIидал Абубакар тIадвуссана ватIаналде.

Гьесул рукIана кIиго вас - ГIамаги МухIамадги, лъабго яс - Аминат, Саният, ПасихIат.

1963 соналда Абубакар къадаралде щвана.

 

Асият ХIайбулаева, Дурангъи росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...