Аслияб гьумералде

Буйнакск

Буйнакск

ЦерегIанго къоязда Буйнакск шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловасул нухмалъиялда гъоркь Эрпели росдал гIадамал рачIун рукIана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централде щвезе.

Гьел щвана МухIаммад аварагасул r цIаралда балеб бугеб мажгиталде, медицинаялъул хIалтIухъабазул цIаралда бугеб аллеялде. «ТIоцебесеб иргаялда нилъ киналго ккола бусурбаби. Нилъ кидаго рукIине ккола цолъун, гIумру гьабизе ккола вацаз гIадин.

Миллатазде рикьизе ва батIи-батIиял рикьалаби гьаризе бегьуларо. Гьелъ нилъер динги цолъиги хвезабула», - ян бицана М. ИсмагIиловас росдал жамагIаталде хитIаб гьабулаго. Гьелдаса хадуб гьел щвана муфтияталдеги ва бихьана гьениб хIалтIи гIуцIун бугеб къагIидаги.

ЛАВАША

Дагъистаналъул гуманитарияб институталде гьоболлъухъ щвана Лаваша районалъул КъулецIма росдал школалъул цIалдохъаби. Гьезие институталда тIобитIана экскурсия – рихьизаруна аудиториял, библиотека ва гьединго бицана институталда чIезабун бугеб техникаялъул хIакъалъулъ.

Цинги тадбир тIобитIана данделъабазул залалда. Гьалбадерида цеве вахъана институталъул ректорасул кумекчи - АсхIабали Мурзаев, гьес цIалдохъабазе бицана институталъул цIалиялъул хаслъабазул, студентазул клубазул ва кружоказул хIакъалъулъ. Мурзаевас кIвар буссинабуна студентазул гIумру хIалуцараб букIиналде.

- Нижер гьанир зама-заманалда тIоритIула батIи-батIиял тадбирал, конференциял, гургинал столал ва цIар рагIарал гIадамазулгун дандчIваял, - ан бицана Мурзаевас. Гьес жавабал кьуна тIаде рачIарал гьалбадерил киналго суалазе.

Гьединго гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Лаваша районалъул имамзабазул советалъул председател МухIаммад Рабадановас ва КъулецIма росдал имам Муслим Аталалиевас. Тадбиралъе ахир лъуна, данделъиялъул киналго гIахьалчагIи цадахъ чIун бахъараб, берцинаб сураталдалъун.

ШАМИЛ

МахIачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана, Шамил районалъул гьенир гьабсагIат цIалулел ругел студентазулгун дандчIвай. Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатовас, ДРялъул муфтияталъул рухIияб лъай тIибитIизабиялъул Шамил районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидовас, районалда «Инсан» фондалъул нухмалъулев Шамил ЗайнулгIабидовас, Ругъелда росдал имам МухIаммад ГIариповас ва гьел гурел цогидазги.

Цере рахъараз бицана лъай босиялъул бугеб тIадегIанаб кIваралъул, кинал тIабигIатал чорхолъ ругевлъун вукIине кколев мутагIалим ва гьединго жидер мугIалимзабаздехун ва цадахъ цIалулездехун букIине кколеб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ. Щуйилал къиматазда цIалун жидеца тIокIлъи бихьизабурал студентазе кьуна Баркалаялъул кагътал ва тIахьал.

ЧIАРАДА

4 июналда ЦIуриб росулъ тIобитIана тIолго районалъул Велопробег «Цолъиялъулъ буго къуват» абураб ахIиялда гъоркь. Гьеб тадбиралъул аслияб мурадги букIана, спорталда ва сахлъи цIуниялда сверухъ гIолилал цолъи. Велопробег лъугIун хадуб тIоритIана батIи-батIиял спортивиял къецал ва гьединго викторина. ГIахьалчагIазе хIадурун букIана татуяб квенги.

ГУМБЕТ

Росдал къоялда хурхун, Гъадари тIоритIана спортивиял къецал. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Гумбет районалъул имамзабазул командаялъ. Тадбиралда вагIза-насихIатгун кIалъазе цере рахъана ЦIумада районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIамадов, Гъизилюрталъул ва Гъизилюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадгIариф Сиражудинов, Гумбет районалъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул МухIаммадов, Нечаевка росдал имамасул заместитель АхIмад ХIасанов ва Гъадари росдал имам ГIали ГIалиев. Тадбиралъул ахиралда бергьаразе кьуна шапакъатал.

КАЗБЕК

Дагьаб цебе Дилим росдал районалъулаб библиотекаялда «Тамахьо гьечIолъиялъул къо» абураб ахIиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул Казбек районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан МухIаммадхIажи Батилмирзаевас. Гьединго тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъулаб библиотекаялъул бетIерасул заместитель МухIамадхIабибов МухIамадхIабибица ва полициялъул участкаялъул вакил МухIаммад ХIажиевас. Тадбиралда цIалдохъабазда цере рахъараз бицана тамахьо бухIиялъул сахлъиялъе кколеб заралалъул.

ХЬАРГАБИ

ДАССРалъ 100 сон тIубаялда хурхун Хьаргаби росулъ тIоритIана чуял риччаялъул къецал. Гьениб гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, мугIрузул округалда бугеб муфтияталъул вакил МухIаммад Дибирдадаевас, Хьаргаби районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас, Хьаргаби районалъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировас, ДРялъул МВДялъул министрасул заместитель АхIмад БатIалиевас ва гьел гурел цогидазги.

УНСОКОЛО

Муфтияталъул Унсоколо районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултIан ГIабдулаев дандчIвана Шамилхъала поселокалда бугеб больницаялъул коллективгун. Гьениб бицана гIадамазе пайда гьабиялъул бугеб кIваралъул ва лъималазе тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул.

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа...


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...