Аслияб гьумералде

ЧIАРАДА

ЧIАРАДА

Районалъул школазул бищун лъикIал цIалдохъаби кIодо гьариялъулаб тадбир тIобитIана МКУялъул лъай кьеялъул ва культураялъул оделалъул хIаракаталдалъун. ЦIалдохъаби кIодо гьаруна грамотабаздалъун ва гIарцулал шапакъатаздалъун.

Гьеб иш гIумруялде бахъинабиялъе хIаракатчилъи бихьизабуна рехсараб отделалъул начальник Шамил МустIафаевас. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовас, херазул советалъул председатель МухIаммад МустIафаевас ва лъай кьеялъул хIалтIухъабазул профкомалъул председатель Мансур НурмухIаммадовас.

ХУНЗАХЪ

Районалъул централияб больницаялда тIобитIана гIадамал хвасар гьарулезул къоялда хурхун байрам. Гьелда гIахьаллъи гьабуна имамасул кумекчи МухIаммад ГIабдулхаликъовас, лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабаз ва гьелъул нухмалъулей Рукъия Мажидовалъ. Медиказе баркала кьуна гьезул захIматаб хIалтIухъ, хасго пандемиялъул заманалда гьез бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ. Тадбиралъул ахиралда медицинаялъул хIалтIухъабазе кьуна сайгъаталги.

БОЛЪИХЪ

Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаев щвана Болъихъ районалде ва дандчIвана районалъул бетIер Руслан ХIамзатовгун.

ДандчIваялда гIахьаллъи гьабуна Болъихъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановас ва «Ас-Салам» газеталъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас.

Гьез бицана районалда бугеб ахIвал-хIалалъул, дандрана цадахъ рекъон гьаризе рес бугел хIалтIбазда хурхун суалал ва бицана районалда рухIияб рахъ цебетIезабиялде кIвар кьезе кколеблъиялъул.

Районалъул бетIерас гьезие баркала кьуна ва цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе кидаго хIадур вукIин бичIчIизабуна. Гьединго, дандчIваялда гIахьалъи гьабуна исламиял дисциплинабазул ва гIараб мацIалъул рахъалъ Казаналда тIобитIараб ТIолгороссиялъулаб олимпиадаялда бергьенлъи босарав ГIабдулмажид ГIабдулмажидовасги. Данделъараз гьесда баркана бергьенлъи ва кIодо гьавуна къиматал сайгъатаздалъун. Ахиралда, муфтияталъул вакилас районалъул бетIерасе сайгъат гьабуна хирияб Къуръанги.

УНСОКОЛО

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIасан МухIаммадов ва муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан МухIаммад ГIабдулхIажиев щвана ГIашилтIа росдал школалде. Гьел дандчIвана цIалдохъабигун ва мугIалимзабигун.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна росдал имам МухIаммад ГIабдулахIидовасги. ХIасан МухIаммадовас бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул ва диналда рекъон цIалдохъанасги мугIалимасги цIунизе кколел тIалабазул. Гьединго, гьенибго бицана «Ассалам» газеталъе подписка гьабизе ккеялъул ва киналго ахIана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централъе кIвараб кумек гьабизе.

ЛЪАРАТIА

Районалъул Культураялъул кIалгIаялъуб тIобитIана «Ас-салам» газеталъе сайгъат гьабураб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, «Ас-саламалъул» вакилзаби Мурад МухIаммадовасгун МухIаммаднур Ибрагьимхановас, районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Ахаловас, администрациялъул хIалтIухъабаз, диниял хIаракатчагIаз.

Дагъистаналда гьабураб бищун лъикIаб хIалтIухъ районалъе кьуна «Ас-салам» газеталъул Кубок ва Байрахъ. МухIаммад Дибирдадаевас районалъул жамагIаталда баркана бергьенлъи ва бицана гьабулеб бугебги гьабизе бугебги хIалтIул хIакъалъулъ.

ШАМИЛ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатов щвана КъахIиб росулъе. Сапаралъ гьесда цадахъ рукIана муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакиласул кумекчи МухIаммад ГьитIинов ва лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидов.

Росдал имам МухIаммад МухIаммадовгун гьел щвана школалде ва дандчIвана мугIалимзабигун. ГIолеб гIелалъул гIумру баракатаб букIиналъул мурадалда гьаризе рес бугел хIалтIабазул хIакъалъулъ бицана ва вагIза гьабуна лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралда тIасан.

ХЬАРГАБИ

Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакиласул кумекчи, районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIали МухIумаев щвана райбольницаялде. Гьесда цадахъ рукIана лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаева ва росдал имам МухIаммад ХIажиева.

Гьел дандчIвана райбольницаялъул бетIерав тохтур ГIусман МухIаммадовгун, гьарана гьесие ва коллективалъе лъикIабщинаб, гьабулеб ишалъулъ икъбал. Районалъул диниял хIаракатчагIи хIажатаб ишалъе кумекалъе рахъине кидаго хIадур ругинги бицана ГI. МухIумаевас. Райбольницаялъул бетIерав тохтурас баркала загьир гьабуна гьоболлъухъ рачIаралъухъ ва районалда рацIцIа-ракъалъи цIуниялъул мурадалда гьаризесел хIалтIабазе кумек гьабизе ккелин бицана.

Ахиралда, муфтияталъул вакиласул кумекчияс бетIерав тохтурасе сайгъат гьабуна «Основы религии и жизнеописание Пророка Мух"аммада (мир ему и благословение)» абураб тIехь.

ГУМБЕТ

Гумбеталъулаз цIияб соналда дандчIвай гьабуна «Зарядка гьабиялдалъун байбихье къо» абураб акция. Гьелда рекъон, радалисеб зарядка гьабуна ва футболалъул рахъалъ турнир тIобитIана гIолилазул командабазда гьоркьоб.

ХIасил гьабидал, тIоцебесеб бакI щвана Игьали росдал командаялъе, кIиабилеб бакI ккуна Килалъ росдал командаялъ ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Гъоркьа Инхо росдал команда. Гьеб акциялда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадовас, физическияб культураялъул ва спорталъул рахъалъ отделалъул начальник МухIаммад Зубайировас, Игьали росдал имам ГIумархIажи ГIумархIажиевас, районалъул гIолилазул централъул директор ГIабдула Юсуповас ва гIемерал цогидазги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...