Аслияб гьумералде

Гъуниб

Гъуниб

Мажгиталда хинлъи гьабуна

Гъуниб районалъул КIуяда росдал ГIурала мажгиталъуб цIидасан турбабиги лъун, хинлъи кьолеб къагIида гьабуна гьал къоязда. Гьелъие нусазаргоялдаса цIикIкIун гъурущ жиндирго гIарцул Аллагьасе гIоло киридахъ харж гьабуна КIуяда росулъа муъминчIужу ТIалхIатова Написатица. Аллагьас сахлъиги рохелги кьейги гьелъие, аза-азариде бахинабеги кири, цIикIкIинабеги къадар гьабураб садакъаялъул! Гьединал сахаватал гIадамал гIемерлъаги! Амин!

Къецал тIоритIана

Гьал къоязда КIуяда росдал ГIурала гьоркьохъеб школалда тIоритIана МухIаммад аварагасул гIумру ва гьесул динияб хIаракатчилъи лъазабиялда сверухъ цIалдохъабазда гьоркьор къецал. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Гъуниб районалъул имам Къулдуев Ибрагьимица, районалъул исламияб лъай кьеялъул вакил АхIмадов МухIаммадшафигIица ва ГIурала мажгиталъул имам СагIидов Шамилица. Гьез лъималазда баркана лъикIал хIасилал, ахIана исламияб гIелму лъазабиялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

ГУМБЕТ

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул Гумбет районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул МухIаммадов щвана Аргъвани росулъе. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана, цIунизе кколелщинал хIукъукъалги цIунун, как базе кколеб къагIидаялда тIасан дарс. МухIаммадрасул МухIаммадовас бихьизабуна какие чурулеб ва как балеб къагIида. Хасго кIвар кьуна гIемерисев чияс риччалел гъалатIазде. Гьес имамзабазда лъазабуна щивас росдал жамагIаталда малъизе ккелин какие чурулебги как балебги къагIидаби.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

ЧIАРАДА

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIузаир Давудовги, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовги, Магъар росдал имам ГIусман МухIаммадовги дандчIвана районалъул «ЧIарада» газеталъул коллективгун. Гьез бицана районалъул халкъалда гьоркьоб гьабизе кколеб бичIчIикьеялъулаб хIалтIул, рухIияб тарбия кьеялде кIвар кьезе кколеблъиялъул ва гьеб киналдаго гьоркьоб районалъул газеталъул бугеб кIваралъул. КъотIи ккана гьединал дандчIваял зама-заманалдаса тIоритIизе ва гьезул хIакъалъулъ газеталдасанги бицине.

БОЛЪИХЪ

Районалда тIобитIараб регбиялъул рахъалъ турниралда гIахьаллъи гьабуна имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановасги лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулла Герейхановасги. Имамзабазул советаъул председателас бицана бусурбабазда гьоркьр гьединал къецал тIоритIиялъул бугеб кIваралъул ва киналго ахIана спорталде машгъуллъизе. ГIабдулла Герейхановас бицана исламияб умматалъул церехъабаз спорталде кьолеб букIараб кIваралъул хIакъалъулъ.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

ШАМИЛ

ХIебда росдал имам МухIаммад МухIаммадовги муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидовги дандчIвана ХIебда росдал школалъул коллективгун. Гьениб бицана гIолеб гIелалъе тарбия ва лъай кьеялъулъ учителас лъолеб бутIаялъул, гьединго «Инсан» фондалъ гьабулеб бугеб хIалтIул.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

ХЬАРГАБИ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаев дандчIвана райбольницаялъул бетIерав тохтур ГIусман МухIаммадовгун. Коронавирусалъулаб инфекциялде данде къеркьеялъул мурадалда районалда гьабулеб бугеб хIалтIул бицана бетIерав тохтурас ва Т. ГIабдулаевас абуна жидер рахъалдасан хIажатаб кумек гьабизе кидаго хIадур ругин. БетIерав тохтурас баркала загьир гьабуна имамзабазул советалъул председателасе ва абуна районалда эпидемиологияб ахIвал-хIал парахатаб бугониги, щивав чияс цIодорлъи гьабизе ккелин.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

КАЗБЕК

Районалъул администрациялда тIобитIана БахIарчи ГIусман Шейхов кIодо гьавиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев Рашид Шемеевасги. Гьединго тадбиралда гIахьаллъана районалъул бетIер ХIажимурад Мусаев, районалъул депутатазул собраниялъул председатель Гирисхан Гирисханов, администрациялъул хIалтIухъаби, Гуни росдал вакилзаби. Гьел киназго баркала загьир гьабуна ГIусмание ва гьесие кьуна къиматал сайгъатал.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

ХУНЗАХЪ

ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевги районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГьитIиновги дандчIвана районалъул гIолилазул гIуцIиялъул хIаракатчагIигун. Гьениб гIахьаллъи гьабуна жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Сайпула Шамхаловасги. Муфтияталъул вакилас бицана гьабулеб хIалтIуде кIвар кьезе кколеблъиялъул, абуна гIолилазда гьоркьоб гьабулеб ишалъе тавакал бихьизабизе ккелин. ГIолилазул церехъабаз бицана жидецаго гьабулеб хIалтIул, цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

УНСОКОЛО

Муфтияталъул лъай кьеялъул райналда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулхIажиев щвана Унсоколо росдал N°1 школалде. Гьев дандчIвана цIалдохъабигун ва бицана адаб-хIурмат гьабизе кколеб къагIидаялъул, хасго батIияб диналъул вакилзабазулгицин. Ахиралда МухIаммад ГIабдулхIажиевас лъималазул суалазе жавабалги кьуна.

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал. МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...