Аслияб гьумералде

Муфтиясул хIурматалда теннис хIаялъул къецал

Муфтиясул хIурматалда теннис хIаялъул къецал

Каспийск шагьаралда, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул кIалгIаялда, тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул хIурматалда теннис хIаялъул рахъалъ регионалиял къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 370 спортсменас.

Исана гьел тIоритIана кIиабилеб нухалда. Гъоркьиса тIоритIун рукIана МахIачхъалаялда, автодорожнияб техникумалъул спортивияб кIалгIаялда. Гьениб бихьана гIахьаллъи гьабулезул цIикIкIараб къадар букIиналда бан, бакI къварилъулеб букIин. Гьединлъидал гьаб нухалда гьеб тIобитIизе хIукму ккана лъикIаланго гIатIидаб спортивияб кIалгIаялда. Цого заманалда унеб букIана 24 столалда тIад хIаял.

Къецазда гIахьалъи гьабуна муфтияталъул гIалимзабаз, машгьурал спортсменаз, минспорталъул ва махIачхъалаялъул депутатазул собраниялъул вакилзабаз ва цогидалги хIурматиял гьалбалдерица.

Къецазул ахиралда цере рахъана «Дагъистаналъул гIолохъанлъи» ансамбль. Гьез бихьизабуна «АхIулгохI» абураб композиция. Машгьурав ГIумар ХIанапиевас бихьизабуна жиндирго къуват.

Турниралда тIоцебесеб бакI ккуна Дагъистаналдаса МухIаммад АхIмадхановас. КIиабилеб бакI щвана Нальчикалдаса Ислам Чегадуевасе. Лъабабилеб бакIалде вачIана Ставрополь краялдаса Михаил Чембарцев. . Гьединго анлъабилеб бакIалде щвезегIан бакI ккурал спортсменазе щвана муфтияталъул сайгъатал.

РакIалда буго турнир щибаб санайил тIобитIизе. 

 

 

Боксалъул рахъалъ Олимпиялъул чемпион, спорталъул министрасул заместитель ХIайдарбег ХIайдарбегов: 

 

- Гьелда гIахьаллъарал нижер, гьединго муфтияталъул мурад буго халкъазда гьоркьоб гьуинлъи, рекъел ва цолъи щула гьаби. Ниж ургъулел руго гьел къецазул даража борхизабиялда тIад, СКФОялъул ва тIолабго Россиялъул турниралде гьеб бачине.

 

Альберт Унажоков, спорталъул рахъалъ мастер, Нальчик шагьар:

 

- Нужеца гьанир гIуцIарал къецал руго тIубараб улкаялдаго гьаб теннисалъул хIай тIибитIизабилъун. ЦохIо Дагъистаналда гьеб къокълъун чIоларо. Гьелъие нугIлъи гьабула цого заманалда хIай унеб бугеб 24 столалъги. РакI-ракIалъулабго баркала загьир гьабизе бокьун буго гьеб тайпа спорталъул махщел камилал, машгьурал спортсменазул рахъалдаса турнир гIуцIаразе, хасго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандие.

 

СагIид АхIмадов, турниралъул гIахьалчи, Грозный шагьар:

- Турниралъул гIуци буго рагIа-ракьанде щвараб. Гьадинаб даражаялда къецал гIуцIарал гIадамал реццалъе мустахIикъалги руго. Цоги, дида халлъана гьанир ругел гIадамал кутакалда гIаданлъи-яхI бугел, гьобол хириял рукIин. Бищунго аслияб жо гьеблъидалха.

Шапакъатлъулаб фонд букIана 300 азарго гъурущ. Гьединго гIуцIун букIана культурияб программаги. Гьарулел насихIатал, ахIулел нашидал ва гьелда гIахьаллъарал киназего кваназе квенги.

 

 

Абубакар Нурулаев, къецазул гIахьалчи:

- Дун цеве вахъана ункъо нухалда ва цо нухалъ къуна. ЦIакъ хIаракат бахъизе ккола кидаго бергьине ккани. Цо гъалатI сабаблъунги къола чи. Гьединлъидал къеркьезе ккола ахиралде щвезегIан.

 

Багьавудин Къадирбеков, теннисалъул рахъалъ  федерациялъул вице-президент, къецазул бетIерав секретарь:

- Гьадинал къецал къечаразе лъимгIанги, цIалеб гьавагIанги хIажатал ва пайдаял руго нилъер спортсменазе. ГIемерал спортсменал руго, амма тIоритIулел турнирал дагь руго. Баркала буго Спорталъул министерствоялъе ва муфтияталъе гьадинал къецал гIуцIаралъухъ.

Гьел къецазда гIахьаллъарав бищун гьитIинасе букIана ичIго сон ва бищун кIудиясе 79 сон.




ГIабдуллагь МухIаммадов, магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...