Аслияб гьумералде

Устар хIажалъулищ?

Устар хIажалъулищ?

Устар хIажалъулищ?

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьаб буго цо-цо чагIазе рахIат толареб суал. Гьединазда ракIалде ккола живго гIадав цоги чи жиндие устарин абун щиб гьабизе къваригIун вугевилан абун.

 

Лъиего балъгояб жо гуро, дунял-гIалам БетIергьанас бижун буго сабабазда хурхинабун. Бокьараб жо лъугьине ккани гьелъие хIажалъула цо кинаб бугониги сабаб. Гьединлъидал инсанасе щиб жо щун батаниги, гьелъие букIуна сабаб, щайгурелъул, зодоса рехун бачIунарелъул. Гьедин бачIаниги, гьебги сабабалда хурхараб ккола.

Дунялалъул ишал щибго сабаб, гьеб малъулев чи гьечIого щвезе рес гьечIебго гIадин, ахираталда хурхарал ишалги гьелго сабабазда хурхинарун руго. Жиндир махщел яги малъулев чи гьечIого щиб бугониги гьабизе лъугьарав, гIемерисеб мехалда хIасилги ккечIого хутIула. Щайгурелъул живго лъугьун гьабулеб жо цебе билълъунеб гIадат букIунарелъул, ай малъулев чи къваригIуна.

ЦIакъго гIемеразул букIуна гьадинаб суалги. Гьев устар нилъго гIадав чи гурищ вугев, гьес малъулеб жо нилъехъаго бажаруларищ гьабизеян абураб. ТIубанго гьеб рагIи нахъчIвазеги рес гьечIо. Живго лъикIав лъугьун гIибадат гьабулев чи квешлъиялдасагIаги цIунун вукIина, гьесул гьабулелъул щибго хIасил ккечIониги. Балагьеха, жеги киданиги нуцIа гьабичIев, гьеб гьабулебги бихьичIев чи лъугьани гьабизейин абун, гьесулищ хIасил хехаб, пайдаяб, лъикIаб букIине бугеб яги гьеб гьабиялъул махщел бугев устарасулищ?

Гьаб буго дунялалъул ишазда борцун бугеб мисал. Ахираталъул ишал жеги захIматал руго. Щивав инсанасда жаниб бугеб напсалъ кидаго тIалаб гьабулеб букIуна цогидаздаса цевеккей, чIухIи, гIадамаз жив вецци, гьел жиндаса хIинкъи ва цогидалги БетIергьанасда хасал сипатал. Гьелго сипатазе квербакъулеллъун ккола хIасад, живго жиндаго берцин вихьи, цогидал хIакъир рихьи, гIадамазде ццим гьалаглъи ва цогидалги гIамалал. Балагьеха, бусурбаби, устарги гьечIого гьалщинал захIмалъабаздаса инсан хвасарлъизе ккани, кин рес букIунеб? Гьабураб гIибадаталде гъорлъе гьал унтаби журани, гьелъул кири бухIиларищ?

Гьаниб бицинчIого гIоларо Бичасул аварагасул ﷺ заманалъул тарихалдаса лахIзаталги. Халкъул гIалам жиндие гIоло бижарав хирияв МухIаммад ﷺ авараг жидеда гъорлъ гIурал къурайшиязда гьев авараглъун гурев, ГIабдулмутIалибил ятимлъун вихьана. Гьелъие гIоло жалги махIрумлъана абадияб талихIалдаса.

ЧIахIи-чIахIиял гIалимзабазецин хIажа-лъарав устар нилъеейищ къваригIунарев? Ункъабго мазгьабалъул имамзаби устарзабазул тарбиялда гъоркь рукIана, мужтагьидул мутIлакъин абураб гIелмуялъул даражаялде жал щваниги. ГIумруялъул ахирисеб кIиго сон хутIидал тIарикъаталде лъугьарав имам АбухIанифаца гурищ абураб, гьаб кIиябго сон букIинчIебани НугIман гьалаглъилаанин абун.

АбухIанифа щиб макъамалъул чи вукIаравали лъазе цо мисал бачинин. Гьесул мазгьабалда какичуригун черх чуриялъе хIалтIизабураб лъим нажасаблъун рикIкIун буго. Гьелъие гIиллалъун бачун буго Бичасул аварагасул ﷺ хIадис, какичурараб щибаб лагаялдаса лъим билълъанхъанщинахъе гьеб лагаялъул мунагьал чурулин абун. АбухIанифа имамасда кашфуялдалъун бихьулеб букIун буго какичурулаго лъеда цадахъ рацIцIун унел мунагьал. Гьелъие гIоло гьеб лъимги нажасаблъун рикIкIун буго имамас.

 

СултIан МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...