Аслияб гьумералде

Гiалимзабазул бухьен

Гiалимзабазул бухьен

Исламалъул гIалимзабазул бухьен букIана шаригIаталъул имамзабазулгун ва машгьурал суфизабазулгун. Масала, АбухIанифа кидаго гIодов чIолаан ГIабдуллагь ибну Мубарак, Фузайл, Давуду ТIай гIадинал машгьурал суфизабазул мажлисазда. Имам АхIмадги Суфян бину ГIуяйнатги хьвадулаан МагIруфул Кархиясухъе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Имам АхIмадица АбухIамзат алБагъдадиясда гьикъулаан пуланаб суалалъе жаваб щибилан. Имам АхIмадица кIудияб къиматги къадруги гьабулаан Бишрул ХIафи абулев машгьурав суфиясул. Ибну Касирица «ал-Бидаят ва Ннигьаят» тIехьалда кутакалда веццун вуго «ГIаварифул магIариф» абураб тасаввуфалъул тIехь хъварав машгьурав суфи ГIумар Сагьраварди.

Ибну Сурайж вукIана ШафигIияб мазгьаб рекIехъе лъалев, лъабабилеб гIасруялъул мужадид. Гьев Жунайдул Багъдадиясул мажлисаздеги хьвадулаан. Имам ШафигIияс жиндаго бичIчIулареб жо Шайбану РрагIиясда гьикъулаан.

АхIмадил мазгьабалъул бищун чIахIиял имамзабазул цояв Ибнул Къуддамат ГIабдулкъадир Гиланиясул мурид вукIана. ГIалимзабазул султIанин дунялалдаго машгьурлъарав ГIиззубну ГIабдуссалам АбулхIасан Шазалиясул мурид вукIана.

Фикъгьи, хIадис-гIелмуялъул тIолго бусурбабазул имам Навави Ясин Маракишиясул мурид вукIана. Исламалъул хIужжа имам Гъазали Юсуфу Нассжилги АбугIали Равзабартиясулги мурид вукIана. КIудияв имам, исламияб тарихалъул гIалимчи ибну Халдун ГIиса ибну Заятил мурид вукIана.

ГIакъаидалъул имам, 30 томалда Къуръаналъул тафсирал хъварав Фахру Арразияс МухIидин ибнул ГIарабиясда цIехолаан жиндаго ричIчIичIел жал. ХIанапи мазгьабалъул тIолго бусурбабаз мугъчIвай гьабулел тIахьал хъварав машгьурав имам ибну ГIабидин Халидшагь Багъдадиясул мурид вукIана.

Ункъабго мазгьаб рекIехъе гIадин лъалев, кIинусгониги гIелмудул тIехь хъварав ГIабдул Вагьгьаб ШагIранияв ГIалиюнил Хавасил мурид вукIана. Исламалъул бищун чIахIиял гIалимзабазул цояв АхIмад ибнул Мубарак ГIабдул ГIазиз Даббагъил мурид вукIана. Киналго хъвани, халалъиялда хIинкъун, гьалда гIей гьабун тела. ГIакълу гьечIев инкарчиясе халат гьабиялъ пайдаги кьоларо.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....