Рохел бицаразул кIигояв
Рохел бицаразул кIигояв

ГIумар-асхIабасул калимаби
ХIалбихьичIел гIадамазда гъорлъ дие бищунго вокьула жиндир вуцIцIунчIейги берцинав, кIалъайдал кколебги бицунев. ХIалбихьаразда гъорлъ гIамал лъикIал рокьула.
ГIадамазул бищун цIодорав вуго бищун цIикIкIун гьезие гIузраби рачунев. Нуж чехь кIодолъизабиялдаса цIуне, чехь кIодолъи – гьеб буго чIаго вукIаго бакIлъиги хун хадуб махIцинги. Нужеца нужерго кIвар-гьиммат гьитIинлъизабуге, дида лъаларо кIвар-гьиммат гьитIинлъиялдаса цIикIкIун реццарал пишаби тезарулеб жо. Мун вокьи гIадамазе захIмалъилъун, рихин гьезие балагьлъун бугев чилъун вукIунге.
ТIадчагIазухъе арав чи нахъвуссуна (гIемерисеб мехалъ), Аллагьасде ццимги бахъун. Дур вацас абураб рагIи лъикIлъиялде цIазе цониги нухги букIаго, дуца гьеб квешлъиялде цIаге. Божилъи бугев чиясул загIиплъи бихьидалги къуватав чиясул хиянат бихьидалги, дун Аллагьасде ﷻ зигардула. ГIадамал гIузраби рачине тIамиялдаса нуж рикIкIалъе, гьединазул гIемерисел гьересиял рукIуна.
Нужеца кинаб бугониги махщел лъазабе, нужер бокьарав махщалиде хIажалъизе бегьула. «Я дир БетIергьан, дие ризкъи кье!» - йиланги абун, гьеб тIалабги гьабичIого вукIунге. Зодоса месед-гIарац балеб гIадат Аллагьас ﷻ билълъинабун гьечIо, БетIергьанасги нилъеда абуна гьеб тIалаб гьабизе кколилан (шаргIалъул гIорхъабиги цIунун).
Руччабиги лъабго батIиял руго, бихьиналги лъабго батIиял руго. Руччабазул цояй йиго мунагьаздаса рикIкIадай, гIайибаздаса яцIцIадай, тамахай, хIеренай, росги вокьулей, росасе жийгоги йокьизаюлей, лъималги гьарулей, кидаго агьлуялъе кумекалъеги ятулей, жиндиего кумек дагьаб щолеб бугониги. КIиабилей – гьеб кинабго лъикIлъи жиндилъ гьечIей, лъималазул рукълъун йигей. Лъабабилей – горбода балеб гудурлъун йигей, Аллагьас ﷻ жиндиего бокьарав лагъасул горбода балеб.
Бихьиназул тIоцевесев – гIакълу бугев, жинда тIаде щиб букIаниги къварилъи бачIани, пикруги гьабун, гьелдаса къватIиве вахъине нух балагьулев. КIиабилев – жинда тIаде къварилъи бачIани, гIакълу бугел чагIазда гьикъулев ва гьез абухъеги гьабулев.
Лъабабилев – жиндирго гIакълуги гьечIев, гIакълу бугез абурабги гьабуларев.
ГIусман-асхIаб

МухIаммад аварагасда ﷺ бищун хасиятги релълъарав, дунялалдаги алжаналдаги гьесул гьудуллъунги вугев, кIигониги нухалъ жиндиего алжанги бичун босарав, МухIаммад аварагасдаги ﷺ Ибрагьим аварагасдаги бищунго сипат-суратги релълъарав, ЛутI аварагас гьижра гьабуралдаса хадуб тIоцебе гьижраги гьабурав, малаикзабигун ТIагьагицин жиндаса нечолев, тIолго гIаламалъулго жив гурони аварагасул кIиго яс ячарав чиги ккечIев. Зу-ннурайни ГIаффанил вас ГIусман-асхIаб гьавуна пилалъул рагъ ккаралдаса анлъго сон ун хадуб, гьеб ккола миладияб тарихалъул 576 сон.
ГIусман-асхIаб вукIана кутакалда берцинаб гьумералъул, жинда цо-кIиго тIадерахъиялъул тIанкI бугеб, чIегIеркIкIуяб хIеренаб тIомалъул, кIудияб мегеж бугев, ракьа чIахIияв, гьоркьохъеб, дагьабго къокълъиялде гIагараб черхалъул, кIигъуждулъа гIебав, дагьалго бохдул загIипав, къаркъалаялда рас гIемерав чи.
ХIадисалда буго, ЖабрагIилас МухIаммад аварагасда ﷺ абунилан: «Ракьалда тIад берцинлъиялъулъ бищунго Юсуф аварагасда релълъарав чи вихьизе бокьани, мун ГIусманихъ валагье», - ян.
ГIусман-асхIабасул хъизан, аварагасул ﷺ яс Рукъиятги кутакалда берцинай гIадан йикIана. ГIадамаз абулаан: «ГIадамазда гьоркьор бищун берцинал Рукъиятги гьелъул рос ГIусманги руго», - ян. Рукъият хун хадуб ГIусманасхIабас ячарай аварагасул ﷺ яс Умму-Кульсумги Рукъиятида релълъарай йикIана.
Гьесда йикIаго гьейги хведал, жинда свалат-салам лъеяв аварагас абуна: «Дир жеги кIикъого яс йикIарайани, цо-цоккун гьелги кьелаан дица ГIусмание», - абун. ГIусман-асхIабасул агьлуялъул чи сардилъ кида ворчIаниги, гьезда ГIусман вахъун ватулаан ва гьес тIаде вахъарасухъе какичуризе лъим кьолаан. Кидаго гIадин кIалги кколаан гьес.
Сардилъ какичуризе лъим жинцаго хIадурулаан, лъим хIадуризе хъулухъчагIи щай тIамуларелин абидал, гьес жаваб кьун буго, сордо гьезие рахIаталъе бугеб жо бугин. ГIадамазе гьабулеб лъикIлъи гIемерав, хIеренав, хасият тамахав чи вукIана ГIусман-асхIаб. Аварагас ﷺ абулаан: «Дир умматалъулъ бищун нечарав чи ГIусман вуго», - ян. Холеб заманалда авараг ﷺ жидедаса разиял анцIгоязул цоявлъун кколаан гьев.
ГIодоб чухъаги тIамун, мажгиталдаго кьижулаан гIемерисеб мехалъ. ГIусманица ислам босана, лъеберилъа тIаде сонал арав чияс. Цо нухалъ Шамалдаса вачIунаго, МагIанги Заркъаъги абурал бакIазда гьоркьор кьижун рукIаго, гьезда гьаракь рагIула: «Ле, кьижарал, рорчIа, Маккаялда АхIмад вахъун вуго», - ян. Маккаялде щведал, гьезда рагIула МухIаммад аварагасде ﷺ вахIю рещтIун бугин.
ГIусман ислам босиялде гьесизавурав чи вуго Абубакр-асхIаб. Абубакрица гьесда абула: «Дуе талихI батаяв, ГIусман, АллагьасхIаги мун цIодорав, хIакъабги тIекъабги батIа бахъизе лъалев чи вуго, дур къавмалъ жидее лагълъи гьабулел гьал хъанчал беццал, гIинкъал, пайда-зарал гьабизе жидеда кIоларел ганчIал гурищ?» - ан.
ГIусман-асхIабас жаваб гьабуна: «У, АллагьасхIаги, гьел гьединал руго», - ян. «ГIабдуллагьил вас МухIаммадги Аллагьас ﷻ тIолабго халкъалъухъе авараглъун витIун вуго, мун, гьесухъеги вилълъун, гьес абулелъухъ гIенеккиларищ?» - ан. ГIенеккилин жаваб кьола ГIусманица. Цинги аварагасухъеги ﷺ ун, гьес Аллагьасе ﷻ жаваб гьабейилан абидал, ГIусманица шагьадат битIана.
ГIусман бусурманлъидал, гьесул инсул вац АлхIакам бину Абул ГIасица гьесда кIалгьикъи гьабизе байбихьана. Амма ГIусманица гьедун абуна жинца киданиги гьаб исламияб дин толарин. ГIусманица ислам щулаго ккун букIин бихьидал, АлхIакамица гьев виччанги тана. Капурзабаз гьабулеб гIакъуба-гIазаб захIмалъидал, дин цIунизелъун Эфиопиялде аразул тIоцевесевги вукIана ГIусманасхIаб.
Гьев ХIабашаталде щванилан хабар рагIидал, аварагас ﷺ абуна: «Аллагь ﷻ цадахълъаги гьезда. ЛутI аварагасда хадув тIоцебе Аллагьасе ﷻ гIоло гьижра гьабурав чи ГIусман вуго», - ян.
Абу-Мусал АшгIариясдасан бицана: «Цо нухалъ дунги аварагги ﷺ пуланасул ахикь рукIана, гьелъул нуцIаги рахан букIана. Циндаго гьеб нуцIида кIутIун бачIана ва аварагас ﷺ абуна: «Ва, Къайсил ГIабдуллагь, нуцIаги рагье, гьенив вугев чиясда Алжаналдалъун рохелги бице», - ян. НуцIа рагьидал, гьенив ватана Абубакр-асхIаб ва дица аварагасул ﷺ калам Абубакриде щвезабуна. Гьебго хIалалда кIиабизеги нуцIида кIутIана, гьаб нухалъ гьенив ГIумар ватана, гьесдаги добго рохел бицана, Аллагьасе ﷻ рецц гьабулаго гьевги жаниве лъугьана. Кодоб бугеб гIучIалъ ракь бикIулев аварагги ﷺ вукIана.
Лъабабизеги нуцIида кIутIидал, аварагас ﷺ абуна: «Ле, Къайсил вас ГIабдуллагь, вахъа, нуцIаги рагье, гьенив вугев чиясда алжаналдалъун рохел бице, жинда тIаде балагь-хIалбихьи бачIине бугинги абе гьесда», - ян.
НуцIа рагьидал гьенив ватана ГIусман-асхIаб. Аварагас ﷺ абураб бициндал, гьес абуна: «Кумек гьабулев Аллагь ﷻ вуго, Гьесде дир мугъчIвайги буго», - ян. Хириял асхIабзабазул баракат камун тогеги нилъ БетIергьанас ﷻ .
МУХIАММАД САЛМАНОВ