Аслияб гьумералде

Алжаналда вихьарав

Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго Алжаналъул агьлуги.

 

ЖагIфар ибн Абу ТIалиб ккола Аварагасул ﷺ вацгIал ва ГIали-асхIабасул кIудияв вац, тIоцересел бусурбабазул цояв, Къуръан гъваридго лъаялъул, пасихIлъиялъул ва динияб рахъалъ машгьурав асхIаб.

 Гьев вукIана бищун цере ислам къабул гьабурал бусурбабазул цоявги. Аварагас ﷺ гьесда абун букIанин бицуна: «Мун дида релълъарав вуго сипат-сураталъулги гIамал-хасияталъулги рахъалъ», - ян (Муслим).

Къурайшияз бусурбабазе гьабулеб букIараб къварилъи хIалуциндал, ЖагIфар, жиндирго лъади Асма бинт Умайсгун ва бусурбабазул цогидаб къукъагун цадахъ гьижра гьабун ана Эфиопиялде. Гьеб лъарал къурайшияз Негусихъе жидерго чапарзаби ритIана сайгъаталгун, бусурбаби къабул гьаричIого нахъе ритIеян тIалаб гьабун. Къурайшиязул гьариялъе жаваб гьабизегIан цебе Негусица бусурбаби ахIула жинхъего ва цIехола гьезда диналъул хIакъалъулъ. Негусихъе аразе цебехъанлъи гьабуна ЖагIфарица ва гьабула гьадинаб магIнаялъул кIалъай: «Я, парччахI! Ниж рукIана жагьилал гIадамал, нижеца хъанчазе гьабулаан лагълъи, хвараб балканалъул гьанги кваналаан, зина гьабулаан, гIагарлъиялъулгун бухьенал къотIизарулаан, къуватаз загIипал пасат гьарулаан. Цинги Аллагьас ﷻ нижехъе витIана нижеда гьоркьоса Авараг, жиндир хIакъикъатги ритIухълъиги нижеда лъалев. Гьес ахIана Аллагь цо гьавиялде, хIакъабщинаб къабул гьабун ритIухълъиялде, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIуниялде, лъикIаб мадугьаллъи аскIор ругездехун гьабиялде ва щибго гIилла гьечIого би тIеялдаса инкар гьабиялде. Ниж гьесда божана ва гьесда хадур рилъана. Амма нижер халкъалъ нижеда данде питна гьабуна, гьез нижее зулму гьабураб мехалъ, ниж дур улкаялде рачIана, дур цIуниялде хьулги лъун», - абун.

Хадуб ЖагIфарица цIалана «Марям» сураялдаса аятал. Гьелъухъги гIенеккун Негусги гьесул гьалмагълъиги гIодана. Цинги Негусица абуна: «ХIакъикъаталдаги, гьаб нужеца цIаларабги ГIиса жиндалъун вачIарабги цо бакIалдаса бачIунеб буго», - ян.

Гьелдаса хадуб къурайщиязул гьари Негусица къабул гьабичIо, сайгъат-саламалъе рачIун рукIарал гьадияталги нахъе кьун, гьес къурайшиял нахъе ритIана. Гьедин бусурбабиги Эфиопиялда хутIана гIумру гьабун.

ЖагIфар Мадинаялде вуссана гьижрияб 7 соналъ, бусурбабаз Хайбаралъул рагъ гьабуралдаса хадуб. Авараг ﷺ кутакалда вохун вукIана гьев тIадвуссун вачIиналдаса. Бицунеб буго гьелдаса хадуб Аварагас ﷺ абун бугин: «Лъаларо, Хайбар бахъиялдасайищ яги ЖагIфар тIадвуссун вачIиналдасайищ дун цIикIкIун вохарав вугевали», - абун.

Хадусеб соналъ Аварагас ﷺ ЖагIфар Муътаталде гъазаваталъ рахъунелъул аскаралъул бетIерлъун тIамуна. Гьеб рагъде унелъул Аварагас ﷺ Зайд ибну ХIарис ва ГIабдуллагь ибну РаввахIги тIамун рукIана церехъабилъун ва лъабавго, шагьидазул хвелги щун, накълулъана.

«СахIихIул Бухариялда» хъван буго, рагъул хIасил щиб ккарабали хабар щвелалдего Аварагас ﷺ халкъалда лъазабун букIанин гьезул шагьидлъиялъул хIакъалъулъ. «Зайдица рагъул байрахъ босана ва гьев шагьидлъана, хадуб ЖагIфарица босана, гьевги шагьидлъана, хадуб ГIабдуллагь ибну РаввахIица босана ва гьевги шагьидлъана», - ян. Цинги Халид ибну Валидица босана рагъул байрахъ кодобе. Гьеб бицунелъул Аварагасул ﷺ берал магIил цIун рукIана.

ЖагIфар гьеб гъазаваталда вагъана кутакалда бахIарчиго, кIиябго квер къотIизегIан тириго вагъана капурзабазде данде. Ибн Гьишамица бицухъе, гьеб къоялъ ЖагIфарил черхалда букIана 70-ялдаса цIикIкIун ругъун. Хадуб, Аварагас ﷺ гьесие кьун букIана «Воржунев», «КIиго кваркьиялъул бетIергьан» абураб цIар. ХIадисазул тIахьазда бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Дида ЖагIфар вихьана малаикзабигун цадахъ Алжаналда воржунев», - абун (Тирмизи).

Гьеб гъазаваталъулъ бусурбабаз бергьенлъи босунги букIана.

ЖагIфар ибну Абу ТIалиб вукIана пасахIатго кIалъазе гьунар бугев чи, бергьараб лъаялъ Къуръан лъарав гIалим, бахIарчияв асхIаб. Шагьидлъун хвараб мехалъ гьев вукIана гIолохъанчи, кIикъого сонил ригьалде вахарав.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...