Аслияб гьумералде

ГIолилазе рухIияб тарбиягун лъай

ГIолилазе рухIияб тарбиягун лъай

МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул ишазул рахъалъ управлениялда тIобитIана гIемерав чи гIахьаллъараб данделъи. Аслияб темаги букIана тIаде гIолеб гIелалъе рухIияб лъайгун тарбия кьеялъул бицараб.

ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член, гIалим Идрис Асадулаевас бицана цIикIкIараз, ай тренераз, педагогаз, жамагIатчагIаз гIолилазде кьолеб кIвар чучлъизе тезе бегьиларин, гьезулгун накъитал гьаризе ккелин. Гьезул рокъосан, къватIисан ругел къварилъаби лъазарун, кумек гьабиялде кIвар кьуни, битIараб букIинаанин абун.

«Гьединго бицине ккела диналъул, тарихалъул. Учительзабигун тренерал ругелъулха, аслияб куцалда, гIолилаз жидедаса мисал босулел чагIи. Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола цин нилъерго ва хадуб гIолилазул рухIияб рахъ цебетIезабизе», - ян бицана И. Асадулаевас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...