Аслияб гьумералде

СалтIа – республикаялъул гIалимзабазул мажлис

СалтIа – республикаялъул гIалимзабазул мажлис

СалтIа – республикаялъул гIалимзабазул мажлис

6 июлалда Гъуниб районалъул СалтIа росулъ тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфтиясул заместитель ГIабдула Салимовас, муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, гIалимзабаз ва тIаде рачIарал гьалбадерица.

Мажлис рагьана ва нухда бачана Лак районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Майрановас.

ДРялъул муфтиясул рахъалдасан саламги бицун, кIалъай гьабуна ГIабдула Салимовас.

Гьединго кIалъазе рахъараз бицана щивав чияс тIабигIат берцин гьабизе ккеялъул, исаламалъул нухда рукIине тIадаб букIиналъул ва гьудуллъи-вацлъи цIунизе ахIана тадбиралде рачIарал.

Мажлисалъул ахиралда тIаде рачIанщинал гьалбал кваназаруна ва гIумраялде ине путевка бергьиналъул мурадалда можороги рехана.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...