Аслияб гьумералде

Муфтиясе кьуна Баркалаялъул кагъат

Муфтиясе кьуна Баркалаялъул кагъат

РФялъул президентасул СКФОялда вугев хасав вакил Юрий Чайкаца Баркалаялъулаб кагъат кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандие. «РФялъул жанисеб ва къватIисеб политикаялъул рахъ кколеб букIиналъухъ, Северияб Кавказалъул федералияб округалда миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъелги, цолъиги вацлъиги букIинабиялъе бахъулеб хIаракаталъухъ Баркала буго дуе, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афанди», - ян хъван буго гьеб Баркалаялъулаб кагътида.

Канлъукъазулги рес рекъела

Канлъукъал гIадамазе рагьараб хасаб библиотекаялъул хIалтIухъабаз ургъун буго МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул 3D-модель. Гьелъул кумекалдалъун канлъукъал гIадамазул рес буго мажгиталъул архитектураялъул берцинлъи бихьизе. Библиотекаялъул хIалтIухъабаз канлъукъазе квербакъи гьабулеб буго нилъеда бихьулеб гьаб дунялалъул берцинлъи, хасаб аппараталъул кумекалдалъун, гьездаги бихьизабизе.

РухIияб централда МЧСалъул хIаракат

Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул лъабнусгогIанасев хIалтIухъанас, бетIералда гьезул начальник Нариман КазимухIамадовгун, гIахьаллъи гьабуна ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб центр баялъул хIалтIулъ. Гьез щула гьабуна арматура, бакIарана рищни-къул, жанисан бацIцIад гьабуна балеб бугеб мажгит ва гьелъул территория. Гьелдаса хадуб РухIияб централъул хIалтIухъабаз гьезие гьабуна экскурсия, бицана халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб централъул ва гьенир рукIине ругел цогидалги бакIазул хIакъалъулъ. МЧСалъулаз жидерго рахъалдасан балеб мажгиталъе кумек гьабуна гIарцудалъунги.

Исламиял гIелмабазул докторзаби

Дагъистаналъул муфтияталъул конференц-залалда тIобитIана Динияб идараялъул лъай кьеялъул гIуцIабазул нухмалъулезул данделъи. Гьеб байбихьана Къуръаналъул аятал цIалиялдасан ва цинги муфти, шайих АхIмад-афандил цIаралдасан саламги кьун, кIалъай гьабуна гьесул заместитель МухIаммад Мангуевас.

Гьес бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хадув кIалъазе вахъарав муфтияталда цебе бугеб исламияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев, муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас бицана рехсараб отделалъ гьабулеб бугеб хIалтIул ва цере чIарал масъалабазулгун гьаризесел хIалтIабазул хIакъалъулъ. «Республикаялда буго щуго исламияб вуз ва 15 ссуз.

Гьел цIалул идарабазда студентазе лъикIаб даражаялъул лъай кьолеб къагIида букIинабиялда хадуб хъаравуллъиги ккола исламияб лъай кьеялъул отделалъ», - ян бицана М. МухIаммадовас. Гьес бицухъе, студентазе лъикIаб лъай щвеялъул мурадалда кумекалъе ахIулел руго диниял гIалимзабиги. Гьединго диниял дисциплинабазда рекъон гIуцIун буго цIалулаб программаги.

Гъоркьиса декабралдаго исламиял гIелмабазул докторлъиялъул цIарал цIунаразе гьеб тадбиралда кьуна дипломалги. Гьединаб тIадегIанаб цIаралъе мустахIикълъана ГIабдуллагь Ацаев, МухIаммад МухIаммадов (КъахIиса), АхIмад МухIаммадов ва МухIаммад МухIамадов (Урмаса).

Москваялда – «дагъистаниязул сордо»

«Рамазаналъул чадир» абураб ахIиялда гъоркь, 12 апрелалда Москваялъул мемориалияб мажгиталъул ракьалда тIобитIана «дагъистаниязул сордо». Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель Шамил ГIалихановас, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Султан ХIамзаевас, сенатор Ильяс ГIумахановас, гIелмиябгун творчествияб интеллигенциялъ, Москваялда гIумру гьабун ругел дагъистанияз. Данделъаразе салам кьун кIалъана РФялъул президентасул Дагъистаналда вугев вакил Владислав Толстюк. Гьесго цIалана ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул баркиялъулаб хитIабги.

ХIажизабазда тIадал ишал

Исана хIежалде ине рес буго 65 сонил ригьалде вахинчIев ва жинца коронавирусалде данде вакцина гьабурав цо миллион бусурбанчиясул. «Жидерго гражданалги малъун, СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъ исана хIеж гьабизе къабул гьавулев вуго миллион бусурбанчи. Амма щивав хIажичияс тIуразе кколел шартIалги руго.

Масала, Къираллъиялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ къабул гьабураб прививка гьабун букIине ккола COVIDалда данде ва гьев чи вукIине ккола 65 сонил ригьалде вахинчIев. СагIудиязул ГIарабиялъ ритIухъ, ай къабул гьабула Россиялъул вакцинаги», - ян бицана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас. Гьесул рагIабазда рекъон, хIажизабазул 85 процент букIине буго къватIисел улкабаздаса рачIарал, хутIарал, ай 15 процент – жидерго гражданал. Россиялдаса чан чиясе бакI бихьизабун бугебали жеги мухIканал баянал гьечIо.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...