ЦIИЯЛ ХАРБАЛ

Берцинаб шагьаралда мажгит

ЦIияб Зеландиялъул Квинстаун шагьар рикIкIуна дунялалда бищун берцинаб шагьарлъун. Дагьаб цебегIан гьениб бана тIоцебесеб мажгит.
«Ниж, бусурбабазул жамгIият, цIакъ рохарал руго ахир-къадги шагьаралда мажгит баялдаса. ГьанжелъизегIан какал разе данделъулаан мухьдахъ ккураб чияр рокъоб, гьединго, какал разе данделъулаан Вакатип абараб хIорил рагIалде», - ян хъвалеб буго гьеб шагьаралдаса бусурбабаз.
БакIалъулаб исламияб централъул председатель МухIаммад Надхимица бицана гьал къоязда жидехъе кьунин тIоцебесеб мажгиталъул кIулал ва жамагIат гьабун какалги ранин гьениб. Мажгит баялъе бусурбабаз гIарац бакIаризе байбихьана гъоркьиса марталда. Гьедин бакIарана 430000 доллар ва хутIарабги бакIарулеб буго.
Квинстаун-Лейкс шагьаралъул мэр Джим Боултица абуна жидер округалда мажгит букIиналдаса жал рохарал ва бусурбабазул мурад тIубазе щвеялдаса разилъунги ругин.
ДГИялда тIобитIана семинар

Семинаралда гIахьаллъаразе бицана рос-лъадиялда гьоркьор цIунизе кколел тIалабазул ва хъизамалъул гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ. Гьениб гIахьаллъи гьабуна жиниял церехъабаз ва психологаз.
Рос-лъади ратIалъулел рукIинги хъизамалда рагIи дандеккунгутIиял гIемерлъулел рукIинги буго тIолабго дунялалъего хасиятаб масъала. Гьеб рахъалъ расги лъикIаб хIал гьечIо Дагъистаналдаги. Статистикиял баяназда рекъон, нилъер республикаялда батIалъулеб буго щибаб лъабабилеб хъизан. Гьелъул хIасилалда лъимал хутIулел руго букIине кколеб тарбияги щвечIого. Гьединлъидал гьадинал семинарал киса-кирего тIоритIизе кколин бицана данделъиялда.
«Гьаб масъала буго кутакалда кIвар бугеб. Нилъеца школазда дарсал кьола математикаялъул, физикаялъул, химиялъул, амма гьоркьорлъабазул бицунеб дарс гьечIо. Гьебин абуни ккола жамгIияталъе цIакъ кIвар бугеб суал. Нилъеца гIолеб гIелалда бичIчIизабизе ккола хъизамалда цIунизе колел адабазул. ГьитIинго лъималазул ботIролъ гьеб лъуни, ратIалъулел рос-лъадул къадар гIемерго дагьлъизе буго», - ян бицана психолог Фатима Бейбалаевалъ. Семинар гIуцIун букIана «Школа семейного счастья» абураб проекталда рекъон.
ЦIунтIа районалде сапар гьабуна

Районалъул ЦIунтIа росдал КъурамухIаммад Рамазановасул цIаралда бугеб мадрасалъул конференц-залалда тIобитIана росабазул имамзабазул собрание. Гьеб тIобитIана муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевасул нухмалъиялда гъоркь. Гьединго, данделъиялда гIахьаллъи гьабуна имамзабазул советалъул председатель ХIамзат МухIаммадзамировасги. Гьениб бицана «Ас-салам» газеталъе подписка гьаби унеб бугеб куцалъулги халкъалда гьоркьоб гьабулеб бугеб бичIчIикьеялъулаб хIалтIулги хIакъалъулъ.
Путиница жаваб кьуна
РФялъул президент В. Путиница бицухъе, Россиялда киданги букIине гьечIо диназда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи. Гьедин бицана гьес МухIаммад аварагасул карикатура бахъиялда бан журналисталъ кьураб суалалъе жаваб кьолаго. Гьединал жалаз улкаялда гъалмагъир ккезабулин ва гьелъ лъикIалдеги рачунарин кIалъана улкаялъул президент.
«Россиялда гIумру гьабун ругел бусурбаби руго жидерго ватIаналда ругел чагIи. БакътIерхьул улкабазда ругелин абуни ккола цогидал улкабаздаса рачIарал», - ян абуна В. Путиница. Франциялда чIварав мугIалимасул хIакъалъулъ бицунаго, гьес абуна гьединаб такъсир гьабизе лъилго ихтияр букIунарин. «Щивав чиясе гIумру кьун буго БетIергьанас ва БетIергьанасул гурони ихтиярги гьечIо инсан гьелдаса махIрум гьавизе», - ян абуна В. Путиница.
ЦIияв нухмалъулесда баркана

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIали МухIумаев ва муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаев дандчIвана администрациялъул бетIерлъун вищарав МухIаммадгIали ТIагьировгун. Гьез цIивищарав бетIерасда баркана хъулухъ ва гьарана хIалтIулъ икъбал. Гьединго бицана диниял хIаракатчагIазда цадахъ лъугьун гьаризе бегьулел хIалтIабазул.
Районалъул бетIерас баркала загьир гьабуна гьезие ва абуна нилъ кидаго рукIине кколин лъикIал ва халкъалъе пайдаял ишал гьарулеллъун. ДандчIваялъул ахиралда гьез районалъул бетIерасе сайгъат гьабуна «Основы религии и жизнеописание пророка Мухаммада» абураб тIехьги.
Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец

Казбек районалъул Дилим росулъ тIобитIана берцинго ва махщалида Къуръан цIалиялъул рахъалъ республикаялъулаб къец. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель АхIмад Кахаевас. Призалъулаб фонд букIана щуазарго доллар. Конкурс тIобитIана кIиго бутIаялдеги бикьун. ТIоцебесеб тIобитIун букIана онлайн-режималда ва гьелъул хIасилалда 40 чи ворчIана финалалде. Конкурс тIобитIана ункъо номинациялда рекъон:
- лъеберабилеб жуз рекIехъе цIали;
- щуго жуз рекIехъе цIали;
- анцIго жуз рекIехъе цIали;
- берцинго цIали. ГIахьалчагIазе къимат кьолеб букIана хасаб жюриялъ.