Аслияб гьумералде

БежтIа тIобитIараб марафоналъул хIасил гьабуна

БежтIа тIобитIараб марафоналъул хIасил гьабуна

«Имамасда цадахъ 40 рогьалил как» абураб ахIиялда гъоркь БежтIа росулъ тIобитIана хасаб марафон.

Гьеб тадбир лъугIун хадуб росдал аслияб мажгиталда тIобитIана рохалилаб мажлисги.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна БежтIа участокалъул имам ГIабдулагь ХIажимурадовас, БежтIа росдал имам Рамазан ГIисаевас, лъималаз ва гьезул умумуз.

Гьоркьоса камичIого 40 къоялъ мажгиталде рогьалил как базе хьвадарал лъималазе кьуна сайгъатал ва батIи-батIиял шапакъатал. НусгогIанасеб лъимадуе щвана спортивиял велосипедал.

ГIун бачIунеб гIел нилъер букIинесеб кколелъул, гьитIинго гьезул рекIелъе динги ватIанги бокьи лъугьинабуни, гьеб букIуна ганчIида бикIараб накъищго гIадин, абадиялъего хутIулеб жо. Гьединлъидал нилъер щивас кIвар кьезе ккола гIолеб гIел битIараб нухде ккезабиялдеян бицана гьеб тадбир гIуцIараз.

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...