Аслияб гьумералде

Каспийскиялда – гIалимзабазул мажлис

Каспийскиялда – гIалимзабазул мажлис

Каспийск шагьаралда, ФатхIул Ислам абураб цIар кьураб мажгиталъуб, тIобитIана республикаялъулго гIалимзабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Мажлис рагьана ва нухда бачана муфтияталъул председатель ГIабдула Салимовас ва гIадат билъухъе, гьеб байбихьана хирияб Къуръаналъул аят цIалиялдасан.

КIалъазе рахъараз бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул, тIабигIат-гIамал цIунизе ккеялъул, ритIухъаллъун ва ракIбацIцIадаллъун рукIине кколеблъиялъул хIакъалъулъ. Гьайгьай, рорхана жеги гIемерал суалалги, бицана цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъги.

Республикаялъул гIалимзабазул мажлисалда кIалъана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиги.

Тадбиралъул ахиралда, Хидирбековазул хъизамалъул рахъалдасан, муфтиясе сайгъат гьабуна машгьурав гIалимчи ГъазимухIаммад Хидирбековасул бетIергьанлъиялда букIараб «ФатхIул мубин» абураб тIехь.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...