Аслияб гьумералде

«Ниж чIаго рукIаго, гьел бесдалал кколаро»

«Ниж чIаго рукIаго, гьел бесдалал кколаро»

«Ниж чIаго рукIаго, гьел бесдалал кколаро»

Гьединаб ахIиялда гъоркь ЦIунтIа районалда тIобитIана бесдалазда кверчIваялъулаб тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIерасул ишал тIуралев АхIмад ХIамзатовас, гьесул заместитель МухIаммад МухIаммадовас, администрациялъул аппараталъул нухмалъулев Арсен ГIабдулаевас, полициялъул отделениялъул начальник ГIали Рамазановас, имамзабазул советалъул председатель Халидшагь МухIаммадовас, «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев АхIмад Рамазановас ва гIемерал цогидазги.

Тадбир тIобитIиялъул хIаракатчагIилъун ккана «Инсан» фонд, райадминистрация ва халкъалъе социалияб рахъалъ хъулухъ гьабулеб центр.

АхIмад ХIамзатовас бицана гьединал тадбиразул букIунеб кIваралъул ва баркала загьир гьабуна бесдалаздаги ресукъаздаги кверчIвалелщиназе.

Тадбиралъул ахиралда лъималазе кьуна сайгъаталги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...