Аслияб гьумералде

КIудияб ВатIанияб рагъда бусурбабазул гIахьаллъи

КIудияб ВатIанияб рагъда бусурбабазул гIахьаллъи

МахIачхъалаялда бугеб «Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда тIобитIана «Вклад религиозных деятелей в Победу в Великой Отечественной войне» абураб цIаралда гIелмиябгун практикияб конференция.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул 16 регионалдаса гIалимзабаз, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIаз ва цогидазги.

Конференция тIобитIиялъе гIиллаги букIана улкаялъул тарихияб ирс цIуни ва гьеб наслабазухъе кьей.

Тадбиралда кIалъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимов, исламияб культура, гIелму ва лъай кьей цебетIезабиялъул мурадалда гIуцIараб фондалъул директорасул заместитель Дамир Хайрединов, ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев, ДИУялъул ректор, исламиял гIелмабазул доктор МухIаммад МухIаммадов ва Халкъияб Собраниялъул депутат Елена Ельникова.

Гьениб МухIаммад МухIамма-довас бицана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда бергьенлъи босиялъе квербакъанин нилъер улкаялъул тIолабго халкъ, къараб зар гIадин, тушманасде данде бахъиналъ. Гьениб кIудияб бутIа лъунин бусурбабазгиян абуна гьес.

Гьес мисалалъе рехсана ГIабдурахIман Расулевасул цIар. Гьев кколаан доб заманалда вукIарав динияв хIаракатчи, муфти.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...