Аслияб гьумералде

ЦӀалдохъабазул бергьенлъи

ЦӀалдохъабазул бергьенлъи

«Дир Дагъистан – ХIикматаб ракь» абураб ТӀолгороссиялъул къецалда «ВатIан» школалъул цӀалдохъабаз лъикӀал хӀасилал рихьизаруна, ункъо тӀоцебесеб бакӀги босун. Конкурсалда гIахьаллъизе ритIун рачIун рукIана 60-ялдаса цӀикӀкӀун творческиял хӀалтӀаби.

Буйнакскиялда тӀобитӀараб выставкаялда школалъул цӀалдохъабаз бихьизабуна лъабго къокъабазулаб ва цо индивидуалияб хӀалтӀи. Жюриялъ кӀудияб къимат кьуна гьезул проектазул махщалие ва хаслъиялъе, ункъабго тӀадегӀанаб премияги кьуна.

Бергьараб ункъо асаралда гьоркьоса лъабгояб битIизе буго Москваялда тӀобитӀизе бугеб федералияб выставкаялде.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...