Аслияб гьумералде

Лаваша районалъул бетIерасулгун дандчIвай

Лаваша районалъул бетIерасулгун дандчIвай

Лаваша районалъул бетIерасулгун дандчIвай

Дагъистаналъул муфтияталда муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Лаваша районалъул бетIер Шамил Дабишевгун. Гьез бицана рехсараб районалда аварагасул r цо-цо асарал рихьизариялъул суалазул хIакъалъулъ. Аварагасул цо-цо асарал рихьизелъун Лаваша районалъул Лаваша росдал аслияб мажгиталда лъун рукIана 26-29 апрелалъул къояз.

Терроралде данде форум

Хасавюрталъул аграриябгун экономикияб колледжалда тIобитIана терроралде данде къеркьеялъул мурадалда гIуцIараб гIолилазул форум. Форумалда гIахьаллъи гьабуна Хасавюрт шагьаралъул бетIер Коргъоли Коргъолиевас, ДРялъул бетIерасул кумекчи Керим Бадрудиновас, муфтиясул кумекчи МухIаммадрасул СагIадуевас, шагьаралъул мажгиталъул имам ГIали Султановас, министерствабазул вакилзабаз, жамгIиял хIаракатчагIаз ва студентаз.

Тадбир рагьулаго К. Коргъолиевас бицана гIолилазул форумалъ цере лъурал масъалабазул ва экстремизмалдасагун терроризмалдаса нилъ рикIкIад чIезе кколеблъиялъул хIакъалъулъ. МухIаммадрасул СагIадуевас бицана миллатчилъи бусурбабазе хасиятаб идеология гуреблъи ва МухIаммад авараг вукIанин тIоцебе гражданияб жамгIият гIуцIарав чийилан.

РухIияб тарбия кьеялъул бицараб тадбир

«Российская молодёжь в системе патриотического и духовно-нравственного воспитания:

Современный взгляд» абураб цIаралда гъоркь, МахIачхъалаялда тIобитIана Лъай кьеялъул соналъе сайгъат гьабураб регионалияб гуманитариябгун рухIияб лъай кьеялъул форум. ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас бицана тадбир тIобитIиялъул мурадазул ва церечIарал масъалабазул. Муфтияталъул исламияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовас бицана гIолилазе тарбия кьеялъулъ ва гьел ватIан бокьулеллъун куцаялъулъ муфтияталъ лъураб ва лъолеб бугеб бутIаялъул хIакъалъулъ. Гьебго масъала борхун кIалъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов. Гьес тIадчIей гьабуна тарих лъазабизе ккеялда.

Россиялдаса 11 азарго чи

СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъ хIукму гьабуна исана хIежалде гIицIго цо миллионгIанасев чи виччазе. Гьеб къадаралда гьоркьоса Россиялъе бихьизабун буго 11318 бакI. Гьебин абуни ккола цебе букIаралдаса кIиго нухалда дагьаб къадар. Гьел бакIал улкаялъул регионазда гьоркьор кин рикьилелалиги, чан дагъистанияв хIежалде иневалиги жеги мухIканал баянал гьечIо. Бусурбабазе хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул, унтабаздаса гьел цIуниялъул мурадалда исана ХIежалъулги ГIумраялъулги рахъалъ СагIудиязул ГIарабиялъул министерствоялъ цере лъурал тIалабал гьадинал руго: хIежалде риччалел руго 65-ялдаса тIаде сонал гьечIел гIадамал; гьезухъ букIине ккола КСАялъ рахъккураб, ковидалдаса цIунулеб вакцина. Гьединго кодоб букIине ккола самолёталда рекIине 72 сагIат хутIидал гьабураб ПЦР-тесталъул хIасил.

Журналистазул ифтар

ДРялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун, СМИялъул хIалтIухъабиги гIахьал гьарун, тIобитIана ифтар. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил, журналистазе лъикIабщинаб гьарараб саламалъулаб калам цIалана муфтиясул кумекчи МухIаммадрасул СагIадуевас. Гьес бицана муфтияталъ хасаб кIвар кьолин жамгIияталда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи цIуниялъул мурадалда хIалтIи гьабулел СМИязде.

Ифтаралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталда цебе гIуцIараб медиа-холдингалъул нухмалъулей Наира МахIмудовалъ, «Дагестан» ГТРКялъул директор Луиза ГIалихановалъ, «Дагестан» РГВКялъул директор Камилла ХIамзатовалъ, «ННТ» телеканалалъул ва «ВатIан» радиоялъул директор Султан Трамовас, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас, «Дагестан» РИАялъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовас, ИТАР-ТАССалъул вакил Гянжеви ХIажибалаевас, «АИФ-Дагестан» газеталъул вакил Вефадер Меликовас,

«Интерфаксалъул» вакил МахIач Вердиевас, «Новости» РИАялъул вакил Сабина Дибировалъ, «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас, «Народы Дагестана» журналалъул бетIерай редактор Шуана МухIаммадовалъ, «Зори Табасарана» газеталъул бетIерав редактор ГюлахIмад Маллалиевас, «Нур» газеталъул бетIерав редактор Байрам ГIабдуллаевас, «Ёлдаш» газеталъул бетIерав редактор Гебек Конакбиевас, «Ас-салам» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель МухIаммадрасул МухIаммадовас, «ИсламДаг.Ру» порталалъул бетIерав редактор МухIаммад МухIаммадовас ва гIемерал цогидазги.

АзаргогIан хIажичиясе рес щвела

Исана чIобого хIежалде ине рес ккезе буго азаргогIан чиясул. Гьединаб кумек гьабизе тIаде босун буго сахаватчи ва сенатор Сулейман Керимовас, рамазан моцIалъул хIурматалда. Гьедин хъвалеб буго РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровас жиндирго телеграмканалалда.

«Гьаб хирияб рамазан моцIалъ дир гьудул ва сенатор Сулейман Керимовас хIукму гьабуна азаргогIанасев дагъистанияв чIобого хIежалде витIизе. Гьесул лъикIал ишал Аллагьас къабул гьареги», - ян хъван буго Абакаровас. ХIежалде ритIулезе путевкаби кьеялъул иш тIадкъан буго Дагъистаналъул муфтияталда. Гьеб масъала дандбана Дагъистаналъул муфтиясулгунги.

СапарчагIазе мажгит

Буйнакск районалъул ЦIияб Кумух росдал рагIалда бана ва хIалтIизе биччана сапаралда ругезе цIакъ санагIатаб цIияб мажгит. Гьеб рагьиялъул тадбир тIобитIана дагьал церегIан къоязда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Буйнакск районалъул имамзабазул советалъул председателасул заместитель ГIабдуллагь Сахаватовас, росдал имам ГIабдулбар ЖабрагIиловас, Гъизляр шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас ва гIемерал цогидазги. Имамзабаз ва гIалимзабаз бицана мажгитал раялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ ва баркала загьир гьабуна гьеб баялъулъ гIахьаллъаралщиназе.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...