Аслияб гьумералде

Гъоркьа ЧIугIли – гIалимзабазул мажлис

Гъоркьа ЧIугIли – гIалимзабазул мажлис

Гъоркьа ЧIугIли – гIалимзабазул мажлис

Лаваша районалъул Гъоркьа ЧIугIли росулъ тIобитIана гIалимзабазул мажлис.

Гьеб къоялъ мажлисалда гIахьаллъизе республикаялъул шагьараздасагун росабалъа гIемерав чиги вачIун вукIана рехсараб росдал аслияб мажгиталде.

Гьениб вагIза-насихIаталгун цере рахъана исламиял гIелмабазул докторзаби, муфтиясул заместитель, росабазул имамзаби ва диниял хIаракатчагIи.

Гьениб бицана бусурбабазда гьоркьоб букIине кколеб гьудуллъи-вацлъиялъул, регионалда рекъел букIинабиялъул мурадалда гьарулел хIалтIабазул ва киналго ахIана питнаби гьаризе бокьараздаса рикIкIад чIезе.

Мажлисалъул ахиралда, гIумраялде ине рес кьолеб путевка щвеялъе рехана можороги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...