Аслияб гьумералде

ХIалалаб гьанал нигIматал

ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи.

Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан цӀикӀкӀинабиялъул масъалабазул.

ХӀалалаб гьанал даража букӀине рес гьечӀо ветеринарияб халкквей гьечӀого. Гьединлъидал данделъиялъул гӀахьалчагӀаз хасаб кӀвар кьуна нигIматал гIезарулезе лъай кьезе ккеялъул суалаздеги.

ДРялъул росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министрасул заместитель Шамил Жамаловас кӀвар буссинабуна муфтияталъгун цадахъаб хӀалтӀи гьабизе ккеялда ва тӀадчӀей гьабуна хӀайваназда хасал маркаби лъезе, жиндир заманалда прививкаби гьаризе, стандартал кьварун цӀунизе ккеялда.

Муфтияталъул дармилгун экономикиял суалазул рахъалъ экспертазул советалъул нухмалъулев ГӀабдулмухӀаммад МухIаммадовас абуна гьеб рахъалъ хӀалалаб гьан букIинабиялде кьолеб кIвар цӀикӀкӀинабизе кколин абун.

«Муфтият кидаго хӀадураб буго фермеразулгун гьоркьорлъаби гьаризе, лъалареб жо батани, гьезда малъизе ва бичIчIизабизе», - ян абуна гьес. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...