Аслияб гьумералде

Выпускниказе щвана дипломал

Выпускниказе щвана дипломал

Выпускниказе щвана дипломал

«Россия – моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIана Дагъистаналъул гуманитарияб институт лъугIаразе дипломал кьеялъулаб тадбир.

Гьенире данделъун рукIана студентал, гьезул умумул, вузалъул нухмалъулел, педагогал. Саламалъулаб кIалъай гьабуна ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас.

КIалъазе вахъарав муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас бицана студентазул букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул хIакъалъулъ.

Гьединго кIалъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул тIоцевесев заместитель Гьарун Давидовги.

ДГИ лъугIун унезе лъикIабщинаб гьарана «Дагестан» РГВКялъул генералияй директор Камила ХIамзатовалъ, гIолилазул ишазул министрасул заместитель Сиражудин Галимовас, Лъай кьеялъул министерствоялъул вакил ГъазимухIаммад МухIумагъазиевас, «Женщины бизнеса» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей Сефижат МухIаммадрасуловалъ «Россия – моя история» паркалъул директор Тимур Велихановас.

Дипломаздаго цадахъ, лъикIал студентазе кьуна «Значимый вклад в развитие молодёжных инициатив и успешную работу в волонтёрских центрах Республики Дагестан» абурал грамотабиги.

Тадбиралда нашидал ахIана Юсуф АсхIабгIалиевас ва «ЧIикIаб» къукъаялъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...