Аслияб гьумералде

Шайих Ярагъиясул хIурматалда

Шайих Ярагъиясул хIурматалда

Шайих Ярагъиясул хIурматалда

МахIачхъалаялда тIобитIана «Духовное наследие шейха Мухаммада Ярагского и его вклад в укрепление межнационального согласия в Дагестане» абураб цIаралда гъоркь гIелмиябгун практикияб конференция.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна гIелмияб интеллигенциялъ, диниял хIаракатчагIаз, Россиялъул регионазул муфтияз ва цогидазги.

Форумалъул гIахьалчагIаз бицана регионалда миллатазда гьоркьоб рекъел ва вацлъи букIинабиялъул мурадалда жиндир баракат щваяв шайихас лъураб бутIаялъул хIакъалъулъ.

«Духовный путь шейха Мухаммада Ярагского» абураб докладгун кIалъана тарихчи Мурадулла Дадаев, политолог Ханжан Курбановасул докладалда цIар букIана «Мухаммад Ярагский как зеркало дагестанского обеления» абураб, ДГУялъул аспирант ва преподаватель Ахмедия Махадовас гьабураб докладалда цIар букIана «Мухаммад Ярагский - учёный, шейх ордена Накшбандия-халидия» абураб.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...