ГIахьалчагIи кIодо гьаруна

Хунзахъ районалда тIобитIана диниял хIаракатчагIаз гIахьаллъи гьабураб мажлис. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловги.
Районалда ва гьеб бахун къватIиб тIоритIулел мажлисалда, тадбиразда гIахьаллъи гьабулезе, гьединал бакIалда цебехъанлъи бихьизабулезе, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил цIаралдасан кьуна Баркалаялъул кагъталги.