Аслияб гьумералде

Машгьурав гIалимчиясул цIияб тIехь

Машгьурав гIалимчиясул цIияб тIехь

Машгьурав гIалимчиясул цIияб тIехь

 

ДРялъул муфтияталъул гIелму тIибитIизабиялъул отделалъ басмаялда бахъизе хIадур гьабун буго «Уроки жизни» абураб тIехь. Гьелъул автор ккола машгьурав гIалим ХасмухIаммад-хIажи Абубакаров.

Гьеб хIалтIи ккола цебеккун магIарул мацIалда бахъун букIараб «Дир гIумруялъул хIасил» абураб тIехьалде тIадежураялги гьарун, гIурус мацIалдеги буссинабун къватIибе биччазе бугеб тIехь. Гьениб бицунеб буго БетIергьанас бихьизабураб нухдасан кин ине кколелалиги ва рухIияв мугIалимасул нухмалъиялда гъоркь жамгIияталъе пайдаяллъун рукIине кколеблъиялъулги хIакъалъулъ.

КватIичIого, Аллагьас хъван батани, тIехь къватIибе бачIине буго гIурус ва магIарул мацIазда.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...