Аслияб гьумералде

СВОялъул бахIарзазул хIурматалда

СВОялъул бахIарзазул хIурматалда

Хасаб рагъулаб операциялда хварал гӀахьалчагӀи ракӀалде щвезариялъул мурадалда Ленинкенталда балеб бугеб мажгиталда тӀобитӀана мавлид.

Гьеб тадбир тIобитIиялъе квербакъана рагъулал тунка-гӀусиязда чӀваразул гӀагарлъиялъул регионазда гьоркьосеб «Улбузул къуват» абураб жамгӀияб гӀуцӀиялъ.

Гьелда гӀахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутат Сапижат Мазаева, МахӀачхъала шагьаралъул администрациялъул нухмалъулев хисулев Тимур ГъалбацӀов, ДРялъул муфтияталъул сопредседатель Мурад ИсмагӀилов, шагьаралъул администрациялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мусаев, «Убулазул къуват» гӀуцӀиялъул ва мажгит баялъул хIаракатчIужу Месей ГIусманова, мажгиталъул имам МухIаммад ТIалхIатов ва хварал рагъухъабазул гӀагарлъи. Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан Мурад ИсмагӀиловас данделъаразе салам кьуна ва бицана бахӀарзазул улбуз гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Мажгиталъул имам МухӀаммад ТIалхIатовас баркала кьуна мажгит баялъулъ гӀахьаллъаралщиназе ва кумек гьабулезе. Гьесго абуна ракӀалда бугин СВОялъул гӀахьалчагӀазул цIаралда мемориалияб аллея ва гьитӀинабго парк гьабизеги.

Мажгит базе байбихьана СВОялда хварав ва БахӀарчилъиялъул орден щварав Сунгур ГӀусмановасул эбел Месей ГӀусмановалъ.

Байбихьуда гьелъие бокьун букӀун буго гьеб мажгит жиндирго вас ракӀалдещвезавиялъул мурадалда базе. Хадуб «Улбузул къуват» абураб жамгӀияталъул гӀахьалчагӀаз лъикIаблъун бихьизабуна гьеб киналго хварал рагъухъабазе сайгъат гьабуни лъикIаб букIинаанин абун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...