Аслияб гьумералде

Муфтияталъул кубокалъе гIоло

Муфтияталъул кубокалъе гIоло

Муфтияталъул кубокалъе гIоло

«Спорт – посол мира!» абураб ахIиялда гъоркь, ДРялъул муфтияталъул кубокалъе гIоло, тIобитIана мини-футболалъул рахъалъ республикаялъулаб турнир.

Финалалда гIахьаллъи гьабуна 16 командаялъ.

ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ЦIияб Лак районалдаса команда. КIиабилеб бакI ккуна Хъумторхъала районалдаса командаялъ ва лъабабилеб бакI щвана Гъизилюртгун Казбек районазул командабазе.

ТIоцебесеб бакI ккураб командаялъе кьуна 100 000 гъурущ. КIиабилеб бакI ккуралъе - 50 000 гъурущ ва лъабабилеб бакIалъухъ - 25 000 гъурущ.

«Бищун лъикIав вратарь» абураб номинациялда бергьарасе кьуна 3000 гъурущ ва бищун лъикI хIарасе гьебго 3000 гъурущ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...