Аслияб гьумералде

Керимовас кумек гьабизе буго

Керимовас кумек гьабизе буго

Керимовас кумек гьабизе буго

ДРялъул хIукуматалъ ва меценатаз кумек гьабизе буго ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб центр бан бахъинабиялъе. Масала, дагьал церегIан къоязда гьенире щвана сенатор Сулейман Керимовги, ДРялъул бетIер Сергей Меликовги ва ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаевги. Гьез балагьана хIалтIи унеб бугеб куцалъухъ ва дандрана цо-цо суалал.

Гьединго, рухIияб централда Сулейман Керимов дандчIвана хIажизабигунги, ай Украиналда унеб бугеб хасаб операциялда къадаралде щваразул гIагарлъигун.

РухIияб центр бан бахъинабизе ракIалда буго 2025 соналдехун. Гьениб бугеб бищун кIудияб объектги ккола МухIаммад ﷺ аварагасул цIаралда балеб бугеб мажгит. Гьеб бан лъугIидал, гьениб жаниб 20 азаргоялдасаги цIикIкIун чиясул рес букIине буго жамагIат гьабун какал разе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...