Зиярат гьабуна

Шамил районалъул ГIасаб росдал жамагIаталъ, росдал имам ГӀали МухIаммадовасул нухмалъиялда гъоркь хьергебдерил ракьалда бугеб, Шамил имамасул заманалда шагьидлъарал росуцоял рукъараб бакIалде зиярат гьабуна.
Тадбиралъул байбихьуда Хьаргаби росдал мажгиталда тӀобитӀана мажлис ва гьениб ракӀалде щвезаруна дол соназда ккарал лъугьа-бахъинал, бицана Аллагьасул нухда рагъулел рукӀарал умумузул бахӀарчилъиялъул хIакъалъулъ.
Хадуб гьел щвана шагьидзабазул хабалазде, гьениб лъуна, росуцоял ракӀалде щвезариялъул хIурматалда, мемориалияб къоно.
Тадбиралъул ахиралда гьабуна дугIаги.