Аслияб гьумералде

РухIиябгун лъай кьеялъулаб тадбир

РухIиябгун лъай кьеялъулаб тадбир

Каспийскиялда, «Москва» кинотеатралда, тIобитIана «Твой выбор - твоё будущее» абураб цIаралда гъоркь гIолилазе мажлис.

Гьениб кIалъазе вахъарав динияв хIаракатчи Шамил ГIумаровас бицана Шамил имамасул хIакъалъулъ ва гIезегIан мисалал рехсана жакъасел гIолилазда чара гьечIого лъазе кколел.

ДРялъул МВДялъул УКОНалъул хIалтIухъан Надежда Сейфудиновалъ борхана цIакъ кIвар бугеб суал – гIолилазда гьоркьоб тIибитIулеб бугеб наркоманиялдаса цIунизе ккеялъул. 

Ахиралда тIобитIана данделъаразда гьоркьоб сайгъатал щвеялъе можоро бахъиги. Масала, iPhone 16 бергьана гьитIинай Фатимае ва гьелъ гьенибго гьеб сайгъат гьабуна эбелалъе.

Гьединаб тадбир тIоби-тIиялъул хIаракатчагIилъун рукIана Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIилов ва рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...