Аслияб гьумералде

Руччабазул мажлис

Руччабазул мажлис

Руччабазул мажлис

ЦерегIан къояз Казбек районалъул руччабазул рухIияб лъай кьеялъул хIалтIухъабаз тIобитIана «Садакъаялъул рагIдукь» - абураб маджлис.

 

Гьелъул мурадги букIана сентябрь щвелелде мадраса гIатIид гьабун гьарурел хIалтIаби лъигIинаризе хIажатаб гIарцул къадар бакIари. ЛъугIунареб садакъалъун букIине бугеб 10 000 гъурущги билеталъухъ кьун, руччаби рачIана рехсараб маджлисалде.

«ХIадисалда рекъон, лъабго жо буго, чи хваниги, гьесие кири бачIунебго букIунеб. ЛъугIел гьечIеб садакъа, нахъе тараб гIелму-лъай ва лъикIаб лъимер. Нужеда лъана гьеб лъабабго босизе. Мадрасаги нужер кумекалдалъун бахъун чIела, жиндалъун гIелму тIобитIизе бугеб, гьел мутагIилзабазул дугIаги нужее камиларо».

Гьадинал рагIабаздалъун хитIаб гьабуна 4225000 гъурущ мадрасаялъе бакIарарал Дилим росдал руччабаздехун, васазул ва ясазул мадрасаялъул нухмалъулев Юсуф-хIажи ГIабдулмуслимовас.

Данделъиялда рихьизаруна Аварагасул ﷺ лъади Хадижатил гIумруялдаса театралиял церерахъинал, гьаруна насихIатал, рицана исламалъул церехъабазул гIумрудул къисаби. Казбек районалда руччабазул рухIияб лъай кьеялъул нухмалъулей Аминат Аштаевалъ баркала загьир гьабуна исламалъул хIалтIуе кумек гьабулел руччабазе.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...