Аслияб гьумералде

Нужер бищун лъикIав…

Нужер бищун лъикIав…

Нужер бищун лъикIав…

 

ХIурматиял бусурбаби, гъоркьехун кьолел руго «Нужер бищунго лъикIав…», - абун Бичасул аварагас ﷺ байбихьи гьабурал хIадисазул магIнаби.

 

 

– Нужер бищун лъикIав - жинца Къуръан цIализе лъазабурав ва гьеб цогидаздаги малъарав вуго. (Бухари)

– Нужер бищун лъикIал - жидер тIабигIат-гIамал берцинал руго. (Бухари)

– Нужер бищун лъикIав - жинца берцинго жо тIадбуссинабулев вуго, ай налъи яги къарз. (Бухари)

– Нужер бищун лъикIав - жиндир хъизан-агьлуялъе лъикIав вуго. (ИбнухIиббан)

– Нужер бищун лъикIав - жинца цогидазе тIагIам кьурав ва гIадамазда гьоркьоб салам тIибитIизабурав вуго. (ЖамигI)

– Нужер бищун лъикIав - жиндаса лъикIлъиялде хьулги бугев, жиндаса квешлъи бачIиналдаса божиги бугев чи вуго. (Тирмизи)

– Нужер бищун лъикIав - гIадамазе пайда бугев вуго. (ЖамигI)

– Нужер бищун лъикIал - как балаго жидер гъажибетIер хIеренал, ай аскIор ругезе хъачIлъи гьечIел руго. (Таргъиб)

 – Нужер бищун лъикIал - жал рихьиялдалъун Аллагь ракIалде щолел руго. (Таргъиб)

– Нужер бищун лъикIав - гIумруги халатав гIамалги берцинав чи вуго. (ЖамигI)

 – Нужер бищун лъикIав - жиндир бацIцIадаб, Аллагьасукьа хIинкъулеб ракIги, битIараб бицунеб мацIги бугев чи вуго. (Ибну Мажагь)

– Нужер гьудулзабазул бищунго Аллагьасда цеве лъикIав - жиндир гьалмагъзабазе бищунго лъикIав вуго.

– Нужер мадугьалзабазул бищун лъикIав - жиндир мадугьалзабазе бищунго лъикIав вуго. (Тирмизи)

– Нужер бищун лъикIав - питнаби ругеб мехалда жиндир чол чIолорхъжоги ккун, тушбабазда хадувги ун, гьел хIинкъизарулев яги гьездаса хIинкъи-зарал щолев вуго. Яги живго жиндаго гIалахалда батIаго чIун, жинда тIад лъураб Аллагьасул хIакъ тIубалев вукIунев чи вуго. (ЖамигI)

– Нужер имамзабазул бищун лъикIал - нужее гьелги, гьезие нужги рокьулел руго. (Муслим)

– Нужер цIаразул бищун лъикIаб - ГIабдуллагь ва ГIабдурахIман буго. (Муслим)

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


Баркала тохтурзабазе

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! РакӀ-ракӀалъулаб баркала кьезе бокьун буго № 8 поликлиникаялъул участкаялъул тохтур АсхIабалиева ПатӀиматие ва медсестра ХIажиева Муслиматие.   Дир буго 80 сон. Дун гӀемераб мехалъ унтун йикIана хроническияб бронхиталъ, хъухIудиялъ...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Волейболалъул турнир

1 маялда ХӀебда росулъ тӀобитӀана, СВОялъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул хIурматалда, школазул цIалдохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал имам ГIумархIажи МухIаммадхIажиевасги. Жиндирго кIалъаялда гьес киназего гьарана бергьенлъи ва...


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...