Аслияб гьумералде

Меликовасул цIаралдасан тIобитIараб ифтар

Меликовасул цIаралдасан тIобитIараб ифтар

Хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъи гьабулел ругезул хъизамазул чагIазе Унсоколо районалда, Сергей Меликовасул цIаралдасан, тIобитIана ифтар.

«АхIулгохI» мемориалияб комплексалда гIагарлъухъ тIобитIараб гьелда, гьединго, гIахьаллъи гьабуна азаргогIанасев чияс.

Рагъухъабазул лъималазе сайгъаталъе кьуна велосипедал.

Меликовасул цIаралдасан саламалъулаб калам гьабун кIалъана ДРялъул бетIерасул Халкъияб собраниялда вугев вакил Нюсрет ГIумаров.

Ифтар тIобитIиялъейин абуни хас гьабун гьеб бакI тIаса бищиялъе гIилла букIана 184 соналъ цебе гьениб нилъер гIадамаз унго-унгояб бахIарчилъи бихьизабун букIин.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...