Аслияб гьумералде

Муфтиясул тIехь - ингилис мацIалдаги

Муфтиясул тIехь - ингилис мацIалдаги

Муфтиясул тIехь - ингилис мацIалдаги

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил «Благонравие праведников» абураб тIехь буссинабун буго ингилис мацIалдеги.

Гьелъул таржама гьабиялда тIад хIалтIарал чагIи ккола исламалъул тарихалъул ва маданияб нахъраталил гIелмуялъул специалист, профессор Гай (ХIайдар) Петербридж ва теолог Ибрагьим ГIабдулаев.

ТIоцебе рехсараб тIехь къватIибе биччан букIана гIараб мацIалда, 2015 соналда. Гьелдаса хадуб заманалда гьеб буссинабуна гIурусалде, магIарулалде, гъиргъизазул, узбеказул, казахазул, тажиказул мацIазде. Гьединго, 2021 соналда гьеб хIадур гьабун букIана канлъукъал ва беццал чагIаз цIализе кIолеб къагIидаялъги, ай хасаб шрифтги хIалтIизабун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...