Аслияб гьумералде

Гумбеталъулазул мавлид

Гумбеталъулазул мавлид

Гумбеталъулазул мавлид

ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централда тIобитIана Гумбет районалъул жамагIаталъ гIахьаллъи гьабураб мавлид-мажлис.

РабигIул аввал моцIалъул хIурматалда тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас, гьесул заместитель МухIаммад КаримухIаммадовас, районалъул депутатазул собраниялъул спикер Мухтар АхIмадовас, имамзабазул советалъул председатель ГIабдурашид ХIажиевас, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулез ва росабазул бегавулзабаз.

Гьениб Гъ. Гъалиповас киназдаго баркана тIаде щвараб рабигIул аввал моцI ва бицана цолъиялъулъ бугеб къуваталъул хIакъалъулъ.

Гьединго мажлисалда кIалъаял гьаруна гIалимзабаз, назмаби цIалана ДРялъул мустахIикъав артист ХирамухIамммад ХирамухIаммадовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...