Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтиясухъе вачIана

Дагъистаналъул муфтиясухъе вачIана

Дагъистаналъул муфтиясухъе вачIана

19 июлалда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун дандчIвана Россиялъул тIадегIанав муфти ТIалхIат Тажудин.

Гьез бицана гьабсагIаталда улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, бусурбабазда дандчIвалел ругел масъалабазул ва дин тIибитIизабиялда сверухъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

ДандчIвай ана цIакъ берцинго, пайдаяб къагIидаялда. Ахиралда гьез цоцазе кьуна ракIалдещвеялъулал сайгъаталги.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...