Аслияб гьумералде

Гуманитарияб кумекгун щвана

Гуманитарияб кумекгун щвана

Москваялда ва Централияб федералияб округалда вугев «Ас-саламалъул» вакил МухIаммадрасул МухIумаев, гьединго, Курск областалда вугев вакил ЖабрагIил Къадиев дандчIвана рехсараб областалъул ГIолилазул ва жанисеб политикаялъул министерствоялъул бетIераб управлениялъул начальник Александр Шаповаловгун ва цо-цо цогидалгунги.

Гьеб дандчIвай тIобитIиялъе гIиллаги букIана захIматаб ахIвал-хIалалда ругезе гурхIел-рахIмуялъулаб кумек гьаби.

«Ас-саламалъул» вакилзабаз хIажатазе букIине кьуна хинаб ретIел ва хьитал. Александр Игоревичас ва тадбиралда гIахьаллъараз баркала загьир гьабуна Курск областалъул гIадамазе кумек гьабуралъухъ.

«Нилъ бергьине рукIин хIакъаб буго. Щайгурелъул Курск областалда нахъа бугелъул тIолабго Россия», - ян абуна Александр Игоревичас.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...