Аслияб гьумералде

ДРялъул муфти дандчIвана «Ас-салам» тIибитIизабулелгун

ДРялъул муфти дандчIвана «Ас-салам» тIибитIизабулелгун

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана регионалда «Ас-салам» газета тIибитIизабулелгун.

Газеталъул хIалтIухъабаз ва вакилзабаз бицана жидецаго гьабулеб хIалтIул ва дандчIвалел масъалабазул хIакъалъулъ.

«Нужеца гьабулеб хIалтIи буго хIакъикъаталдаги бахIарчияб ва нуж мустахIикъалги руго бищун тIадегIанаб шапакъаталъе», - ян абуна шайих АхIмад-афандица.

Муфтияс абуна кире кканиги тIабигIат берцин гьабиялда тIад хIалтIейилан ва бусурбабазул букIунеб гIамал-хасияталда хIур хъвазеги тогейилан абун.

«Жиндирго мисалалдалъун, вукIа-вахъиналдалъун, хьвада-чIвадиялдалъун щивав чияс бихьизабизе ккола Ислам щиб кколебали. Жиндаго лъалареб жоялъул тушман вугелъулха инсан», - ян абуна муфтияс ва гьезие кьуна Баркалаялъул кагъталги ракIалде щвеялъулал сайгъаталги.

 

 

 

Каспийскиялда базе буго мажгит

Каспийск шагьаралъул «Кемпинг» абураб микрорайоналда базе буго цIияб мажгит. Гьелъул хIакъалъулъ баян кьолаго, шагьаралъул депутатазул собраниялъул председатель ГIабдулвахIид Жаватовас гьадин бицана:

«Мажгит базе бакI тIаса бищана шагьаралъул мэр Борис Гонцовасдагун цадахъ. Гьеб базе тIаса бищараб ракь буго стратегияб кIвар бугеб ва гьениб базе буго кутакалда берцинаб мажгит», - ян.

Мажгиталъул проекталъул рахъ ккуна ва лъикIаблъун рикIкIана Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги.

Гьеб мажгит базе жинца тIаде босун бугинги лъазабуна ГIабдулвахIид Жаватовас.

 

 

 

ГIурала - исламияб мажлис

Гъуниб районалъул КIуяда росдал ГIурала мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна росдал жамагIаталъ. Гьенире рачIун рукIана районалъул росабазул мажгитазул имамзаби, батIи-батIиял росабалъа вакилзаби ва диналъул церехъаби.

Мавлид нухда ана гIуцIадго ва киналго разияб ахIвал-хIалалда. Гьеб жамагIаталъул кIудияб гьудуллъи буго «Ас-салам» казияталъулгунги. Гьелъие нугIлъи гьабула 2023 соналъе «Ас-салам» газета хъвалезул къадар КIуяда росдал ГIурала мажгиталда 70 чиясдасаги тIаде ун букIиналъ. 

 

МухIаммад ХIасанов, ГIурала вугев «Ас-саламалъул» вакил

 

 

 

 

Мискинзабазе кьуна 25000000 доллар

Катаралда тIобитIараб футболалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда ункъабилеб бакI ккуна Мароккоялъул тIаса бищараб командаялъ. Гьеб бергьенлъи баркизе, Мароккоялъул къиралас тIаде къабул гьаруна футболистал.

Гьединго футболистазда цадахъ къираласухъе рачIун рукIана гьел бахIарзазул улбулги. Къиралас гьезулгун хабар гьабуна ва ахиралда цадахъ чIун сураталги рахъана.

Чемпионаталда гьеб бергьенлъи босаралъухъ Мароккоялъул футболистал мустахIикълъун рукIана 25 миллион долларалъе. Гьезин абуни гьеб гIарац бикьана мискинзабазда гьоркьоб.

 

 

ХIасилал гьаруна

«Ас-салам» газеталъ хIасилал гьаруна араб соналъ гьабураб хIалтIул. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана рехсараб газеталъул хIалтIухъаби, редакторзаби, Россиялъул регионазда гьеб тIибитIизабулел ва муфтияталъул вакилзаби. 

Бищунго лъикIал хIасилал рихьизарурал кIодо гьаруна Баркалаялъул кагътаздалъун ва къиматал сайгъатаздалъун.

Гьединго гIумраялде ине бокьаразда гьоркьоб, лъабго путевка щвеялъе, можороги рехана.

 

 

 

Имам Шамилил хIурматалда

Имам Шамилил хIурматалда, Гъизилюрт шагьаралда тIобитIана гIолилазда гьоркьоб дзюдоялъул рахъалъ республикаялъулаб турнир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 2008-2010 соназда гьарурал гIолилаз.

Исана 28-абилеб нухалда тIобитIулеб бугеб гьеб турнир тIоцебе тIобитIун букIана 1993 соналда.

Исанасеб къецалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул батIи-батIиял районаздасагун росабалъа 158 дзюдаистас ва къецал тIоритIана 10 батIияб цIайиялда.

Бергьаразе кьуна кубокал, медалал, грамотаби ва къиматал сайгъатал.

 

 

 

ГIарабазул делегация - муфтиясухъ

ГIарабазул улкабаздаса Дагъистаналде рачIарал гIалимзаби гьоболлъухъ щвана республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе. Гьезда цадахъ вукIана муфтиясул кумекчи АхIмад Надирбегов ва гIелмабазул доктор Шигьабудин ХIусенов.

Муфтияс гьалбал къабул гьаруна Аллагьасе ﷻ кидагосеб реццги гьабулаго ва абуна гьадинал дандчIваяз баракат цIикIкIинабулин. Щайгурелъул, гьелъул мурад Аллагь ﷻ разилъи кколеб букIун. ГIарабазул улкабаздаса рачIараз баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул муфтиясе ва абуна нужер республикаялде рачIине щвеялдаса жал цIакъ рохаралги разиялги ругин абун.

Гьениб муфтияс бицана гIарабаздехун жиндирго бугеб бербалагьиялъул ва Аллагьасе гIоло гьел рокьулеблъиялъул.

ДандчIваялъул ахиралда гьалбадерица муфтиясе кьуна ракIалде щвеялъулал сайгъаталги.

ГIарабазул улкабаздаса гьалбал Дагъистаналде рачIиналъул мурадин абуни букIана гьаниб тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб динияб форумалда гьезги гIахьаллъи гьабулеб букIин.

 

 

 

Лъабабилебги бутIа къватIибе бачIана

Дагъистаналъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ хIадур гьабураб Фатвабазул лъабабилебги мажмугI къватIибе бачIана гьал къоязда.

Гьелда рорхун руго жакъасеб къоялъ дандчIвалел, шаргIалда хурхарал, киналго масъалаби.

Гьелдаса пайда босизе бегьула бокьарав бусурбанчияс, хIатта студентазги, гьединго, гьанжего-гьанже дин лъазабулел ругезги. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...