Аслияб гьумералде

ЧIиркъатIа мажлис

ЧIиркъатIа мажлис 

ЧIиркъатIа мажлис

 

Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъ тIобитIана, рабигIул аввал моцIалъул хIурматалда, республикаялъулаб мажлис.

Мажлисалда можоро рехун бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал ва кIигояв вахъана гIумраялде ине рес кьолеб путевкаялъул бетIергьабилъун. Гьезул цояб путевка бергьиналъе можоро рехун букIана «Ас-салам» газеталъул подписчиказда гьоркьоб.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ва вагIза-насихIаталгун кIалъазе рахъана Дагъистаналъул гIалимзаби, росабазул мажгитазул имамзаби ва диниял хIаракатчагIи.

Гьединго мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Ибрагьимхановасги.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...