Аслияб гьумералде

ЦIияб басмаялда ХIасан-афандиясул рухIияб ирс

ЦIияб басмаялда ХIасан-афандиясул рухIияб ирс

ГьабсагIат Дагъистаналда бугеб баракат, диналъул цебетIей, цогидазде дандеккун хIалхьараб, парахатаб гIумру буго цере нилъер рукIарал имамзабазулгун тIарикъаталъул устарзабазул хIалтIул хIаракаталъул хIасил. Лъиего балъгояб жо гуро цIияб гъветI чIарав ва гьеб гIезабурав чиясдасанги цIикIкIун гьелдаса пайда хадуб бачIунеб гIелалъ босулеблъи.

Гьелъие бищунго кIудияб хIаракат гьабуна ГъазимухIаммад, ХIамзат ва Шамил имамзабаз. Расул тIеренлъиялъул къадаралде щун тIагIунеб букIараб ислам гьезул жигаралъ оцол габуралдаса биццатаб бакIалде бачIана. Гьезул заманалдаса хадуб, инкъилабалъул цIадул кор Дагъистаналда боркьараб заманалда БетIергьанас халкъ хвасар гьабизе кьуна тIарикъаталъул устарзаби ГIасаса ГIабдурахIманхIажи, КъахIиса ХIасан-афанди, НицIабкариса Сайфуллагь-къади ва Багинуса ШугIайб-афанади.

Гьеб мехги букIана кутакалда халкъалда хIинкъи бугеб, тIаде гьулчун бачIунеб кутакаб къуваталде дандейищ рахъинел яги сихIкъотIунищ чIелелали лъаларого ругеб заман. Гьединаб захIматаб хIалалдаса халкъ хвасар гьабуна КъахIиса ХIасан-афандиясгун Сайфуллагь-къадияс. Гьев кIиясго гIадамал ахIана гIодоре риччаялде, гьеб зулму хIехьун сабруялде.

Гьедин гуреб, цогидал цIаларал гIадамаз гIадин гьезде данде рахъиналде халкъ гьесизарун рукIаралани, гьабсагIат нилъедаса гIемер дорегIанго гьечIел республикабазул къисмат нилъерги букIинаан. Кинаб къисматин суал кьолев чи нагагь ккани гьесие жаваблъун букIине къокъго бицинин.

Гьенир ккана гIемерал камиял, зулмаби, гьеб хIехьезе кIвечIел гIемерал гочине ккана аскIоб бугеб гIусманиязул улкаялде. ХIатта гьенибги щвечIо гьезие лъикIаб гIумру. Гьеб киналъулго хIасилалда гьезул ракьазда гIумру гьабулел руго гьабсагIат цоги гIадамал. БетIергьанас нилъер Дагъистан цIунана гьал устарзабазул баракаталъ гьединал кьогIал къисматаздаса.

Гьеб заманалда аслияб захIматалъул раччи тIаде ккана КъахIиса ХIасан-афандиясде. ХIежалде араб сапаралдаса тIад вуссинчIо ГIасаса ГIабдурахIманхIажи, хехаб унти жеги гIемерго ригьалде вахинчIев Сайфуллагькъадиясдаги чIван гьес тана панаяб дунял. Гьев кIиясулго анищ ва васият тIубазабуна ХIасан-афандияс.

Гьаниб бицинчIого гIоларо, гьединаб жигараб хIалтIи гьабулаго жиндирго гIазизаб гIумруги къурбан гьабуна мубаракас. 1937 соналда НКВДялъул хIалтIухъабаз ккун вачун ана 80-йидасаги сонал тIаде арав ХIасанафанди.

Гьедин жиндирго гIумру кьунги цIунана гьес халкъалъул рахIат, исламияб дин ва нахъе тана тIарикъаталъул ирсилал. Жиндирго баракатаб квералъ данде гьабуна 18-гIанасеб тIехь. Гьезул гIемерисел гьабсагIатги мадрасалъул программаялда лъун мутагIилзабазе цIалулел руго.

Гьесул хIалтIабазда гъорлъ рукIана магIарул мацIалда хъвараб кIиго тIехьги - «Хуласатул адаб» ва «Танбигьу ссаликин» абун. ТIоцебеселъ муридзабазда гъваридго бичIчIизабулеб буго бусурбанчияс, хасго тIарикъаталъул муридас цIунизе кколел адабал. Гьебги хъван букIана ГIабдурахIман-хIажиясул амруялдалъун.

Гьеб заманалда цIакъ машгьурлъун букIана тIарикъат малъулев чи вугин абун чIолел гIадамал. Щибаб росулъ кIиго-лъабгоги рукIиналъ гIадамазда битIараб тIарикъат жалго лъугьун гьабулелдаса батIа бахъизе толарого рукIун, ХIасан-афандияс гьеб ишкал борхизе данде гьабун буго гIараб мацIалда «Танбигьу ссаликин ила гъурурил мутIашайихин», ай жалго устарзабиян чIаразул гуккиялде саликинал кантIизари» абураб.

Гьеб хIалтIи басмаялде бахъидал ГIабдурахIман-хIажияс абун буго, гIаммаб халкъалда бичIчIулеб мацIалдаги бахъизе ккелин абун. Цинги ХIасан-афандияс магIарул мацIалда, назмуялда гIуцIун буго гьелъул хIасил гьабураб таржама. 1908 соналда Темир-ХанШураялда, Мавраевасул басмаханаялда бахъун букIана гьеб кIиябго тIехь.

Гьеб кIиялдасаго кIудияб пайда халкъалъеги щвана. Чанго нухалъ цIигьарун гьелго тIахьал кьабунги рукIана. Гьаб заманалъул цебетIеялъул къагIидаялда гьел кьабизе ракIалде ккедал, хIукму гьабуна гьезул квералъ хъварал нусхабигун данде кквезе. Гьеб кинабго хIалтIи тIаде босана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс.

Гьелда тIад хIалтIизе гIалимзабазул къокъаги гIуцIун, байбихьана хIалтIи. Дандекквеялъе рукIине кодоре щвана живго ХIасан-афандияс хъварал тIанчал ва гьес тIад хIалтIи гьабураб тIехь. КIиго-лъабго моцIалъ гьабуна гьеб хIалтIи.

Исана гьаб араб рамазан моцIалда басмаялда рахъун къватIире рачIана гьеб кIиябго тIехь. 25 июналда «Россия - моя история» абураб музеялда тIобитIана гьелъул цебелъейги. Гьеб баракатаб мажлисалъ данде гьаруна гIелмуялъулгун культураялъул ва диналъул ишалда ругел гIадамал. Гьениб бихьизабун КъахIиса ХIасан-афандиясул хIакъалъулъ бахъараб фильмги. Мажлисалда кIалъазе рахъараз бицана ХIасанафандиясул гIумруялъул, гьесул хIалтIул ва нахъе тараб рухIияб ирсалъул хIакъалъулъ.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...