Аслияб гьумералде

Дербенталда данделъи тIобитIана

Дербенталда данделъи тIобитIана

Дербенталда данделъи тIобитIана

Дербент шагьаралда тIобитIана «Россиялъ ислам къабул гьабуралдаса 1380 сон тIубай» абураб цIаралда гъоркь данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна пачалихъияб власталъул органазул хIалтIухъабаз, регионазул муфтияз, жамгIиялгун гIелмиял хIаракатчагIаз.

Тадбир гIуцIана ДРялъул Миннацалъул, муфтияталъул ва Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул хIаракаталдалъун.

КIалъазе рахъараз бицана тарих лъазабизе кколеблъиялъул ва «аралда таманча речIчIани, бачIунелъ гIарада балеблъиялъул» хIакъалъулъ.

Данделъи лъугIун хадуб гьалбадерие экскурсия гьабуна некIсияб мажгиталдеги рачун ва гьединго гьел щвана Кырхляр хабалаздеги.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...