Аслияб гьумералде

«РакIалдещвеялъул ах»

«РакIалдещвеялъул ах»

«РакIалдещвеялъул ах»

Украинаялда унеб СВОялда хварал ракьцоял ракIалде щвезариялъул мурадалда, Шамил районалда рагьана «РакIалдещвеялъул ах».

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер М. ХIасановас, ДРялъул рохьил магIишаталъул комитеталъул председатель В. ГIабдулхIамидовас, ДРялъул бетIерасул контролияб управлениялъул начальник Т. Шабановас, районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас ва гIемерал цогидазги.

Гьениб тIаде рачIарал гьалбадерица баркала загьир гьабуна бахIарчиял васал гIезарурал умумузе ва гьединаб тадбир гIуцIаразе.

Тадбиралда кIалъана СВОялда хварав рагъухъанасул яц Лабазанова ПатIимат, СВОялъул гIахьалчи ХIадисов Умарбек ва ХIебда росдал школалъул цIалдохъан А. ХIасанова.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...