Аслияб гьумералде

БежтIадерил делегация муфтиясухъе щвана

БежтIадерил делегация муфтиясухъе щвана

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-Афандихъе гьоболлъухъ щвана БежтIа участокалъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна муниципалитеталъул бетIер ХIусен ХIайбулаевас.

Гьениб ХI. ХIайбулаевас муфтиясе баркала загьир гьабуна аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул асарал БежтIе росиялъе квербакъи гьабуралъухъ. Гьединго муниципалитеталъул нухмалъулес абуна рухIиял церехъабигун цадахъ рекъон хIалтIиялъ лъикIал хIасилалги кьолел ругилан.

Гьоболлъухъ рачIаралъухъ баркалаги кьун, муфтияс бицана Динияб идараялъул аслияб хIалтIи буссараб бугин киса-кибго рекъел букIинабиялде, цоцазул хIурмат гьабиялде ва кире кканиги дагъистанияз жидерго ватIан лъикIаб рахъалдасан бихьизабиялде.

«Нилъеца киназго цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб бугони, гьайгьай, хIасил ккечIого букIунаро. Гьединлъидал чара гьечIого нилъ киналго цолъизе ккола», - ян бицана муфтиясги.

ДандчIваялъул ахиралда ХIусен ХIайбулаевас, БежтIа участокалъул жамагIаталъул рахъалдасан, муфтиясе кьуна сайгъатги.

МухIарамкенталъулазул баркала

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-Афанди дандчIвана МухIарамкент районалъул бетIер Фарид АхIмадовгун.

Гара-чIвариялъул заманалда Ф. АхIмадовас, районалъул жамагIаталъул рахъалдасан, муфтиясе баркала кьуна аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул асарал районалде рачIинариялъе кумек гьабуралъухъ.

Муфтиясги баркала загьир гьабуна Динияб идараялъ гьабулеб хIалтIуе лъикIаб къимат кьолеб букIиналъухъ ва абуна гьеб кинабго кколин шайих МухIаммад-Ярагъиясул баракат.

ЧотIахъабазул чемпионат

Россиялъул къоялъул хIурматалда МахIачхъалаялда тIобитIана конкуралъул (чуял тIамиялъул цо бутIа) рахъалъ чемпионат. Гьебин абуни ккола республикаялда тIоцебе тIобитIараб спортивияб тадбир.

Бищун лъикIалин абураб цIар щвезелъун къеркьана 25 чотIахъан, ай Дагъистаналдаса ва Чачаналдаса рачIарал спортсменал. Гьез жидерго гьунарал рихьизаруна «Зебра» абураб чотIахъабазулгун спортивияб комплексалда. Гьезда гьоркьой бищун гIолохъанай йикIана 11 сон барай Хадиджа Халилова.

Призалъулаб фондин абуни букIана 200 азарго гъурущ.

Спортивияб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-Афандицаги.

Муфтиясул кумекчи - Египеталда

ДРялъул муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас гIахьаллъи гьабуна Египеталда тIобитIараб экстремизмалда данде къеркьеялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб конференциялда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна 42 улкаялдаса пачалихъиял ва жамгIиял хIаракатчагIаз, экспертаз ва диниял церехъабаз. Гьездаго гьоркьов вукIана Египеталъул тIадегIанав муфти Шавки ГIаляма, улкаялъул премьер-министр МостIафа Мадбули, вакъфабазул рахъалъ министр МухIаммад Мухтар Гомаа, Аль-Азгьаралъул шайих, имам АхIмад ат-Тайеб, батIи-батIиял улкабазул муфтиял ва цогидалги.

Дагъистаналъул муфти щвана Агул районалде

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-Афанди щвана Агул районалде.

Райадминистрациялъул минаялъуб тIобитIараб данделъиялда гьесие салам кьун кIалъана районцоял.

Хадуб гьел щвана Тпиг росулъ къачIалеб бугеб мажгит бихьизеги.

Рича росулъ тIобитIана мажлис ва гьелда гIахьаллъи гьабуна тIолабго росдал жамагIаталъ.

КЦСОНалъул хIалтIухъабазул зиярат

ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централде сапар бухьине ният ккана Гъуниб КЦСОНалъул хIалтIухъабазулги. Нияталда рекъон, пуланаб къоги чIезабун, гьел къватIире рахъана ва бакIарараб гIарац кьуна чIабаралде бетон тIеялъе хIалтIизабизе. Гьединго гьабуна жидехъаго бажарараб хIалтIиги.

ЧIарада районалда – ГIали-шайихасул зиярат

ЧIарада районалъул Чанаб росулъ тIобитIараб мажлис бухьинабун букIана ГIали-шайихасул зиярат рагьиялда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана батIи-батIиял росабазул жамагIаталги диниял хIара-катчагIиги. Гьалбадерида гьоркьор рукIана ГIахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIасан МухIаммадов, исламиял гIелмабазул доктор МухIаммад-гIариф Рамазанов ва цогидалги.

КIалъазе рахъараз бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул ва мугIалимзабазул гьабизе кколеб адабалъул.

Масала, ЧIарада районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIабибула МухIаммадовас бицана рухIиял церехъабазул, устарзабазул ва гIалимзабазул цIунизе кколел адабазул хIакъалъулъ.

Районалъул бетIерасул заместитель МухIаммад ГIумаровас гьеб тадбир тIобитIаразе, мажлисалда гIахьаллъизе рачIаразе кьуна баркала.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...