Аслияб гьумералде

25 сон тIубаялъул

25 сон тIубаялъул хIурматалда

25 сон тIубаялъул

«Духовно-нравственные ценности как основа профилактики деструктивной идеологии в условиях современных вызовов» абураб цIаралда гъоркь, МахIачхъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция.

Гьеб тIобитIана Северияб Кавказалъул бусурбабазул Координациялъулаб центр гIуцIаралдаса 25 сон тIубаялъул хIурматалда.

Конференциялда гIахьал-лъизе МахIачхъалаялде рачIун рукIана анкьго регионалдаса рухIиял церехъаби.

Гьединго тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Конференциялъул гIахьал-чагIаз бицана щивав чияс тIабигIат берцин гьабиялде, рухIияб рахъалде кIвар кьезе кколеблъиялъул ва нилъее хIинкъи бугеб идеологиягун батIи-батIиял багъа-бачариял жамгIияталде гьоркьоре риччазе бегьунгутIиялъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...