Аслияб гьумералде

СВОялда хваразул лъудби ва улбул дандчIвана муфтигун

СВОялда хваразул лъудби ва улбул дандчIвана муфтигун

СВОялда чIварал ва хварал бахIарзазул улбулгун лъудби рачIун рукIана зияраталъ ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе.

Гьезулгун букIараб гара-чIвариялда муфтияс абуна кинабго Аллагьасдасан бугин, БетIергьанасдасан гурхIел-рахIму гьаризе нилъедаги тIадаб бугин абун.

Муфтиясул гIакълу-чIужу ГIайна ХIамзатовалъ бицана жакъа тIолабго дунял Россиялде данде бугеб мехалда, нилъеца гIемераб захIмалъи баччизе кколеб бугин ва гьеб бигьа гьабизелъун рухIги хIалги кьолел ругин нилъер гIолохъабазилан.

Данделъиялъул ахиралда АхIмад-афандияс киназего дугIаги гьабуна ва БетIергьанасда гьарана къуватги сабруги кьегийин щивав чиясе бихьараб хIехьезе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...