Аслияб гьумералде

Кумекалъулаб квер

Кумекалъулаб квер

Май моцIалъул 1 ва 21 къояз Унсоколо районалъул имам АбдулвахIидов МухIаммадил, Унсоколо росдал имам ГIисалгIалиев ГIалил бетIерлъиялда гъоркь, районалъул жамагIатаз кумек гьабуна КъахIиб росулъ, ХIасан-устарасул цIаралда балеб бугеб мадрасаялъе.

Унсоколо росулъа Дахадаев МухIаммадгIалица абуни жиндаго тIаде босана тӀоцебесеб тӀалаялда къед гьабизе гIураб 15 азарго кирпичалъул багьа, гӀага-шагарго 400 азарго гъурущ. Аллагьас къабул гьабеги гьев бахIарчиясул сахаватлъиги, нахъе хутIаралда баракатги лъеги.

Гьаб жигараб хIалтIухъ, тIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго къехIдерил росдал жамагIаталъ ва тIолабго районалъ.

Аллагьас киназего тавпикъ кьеги гьединаб, БетIергьанасе бокьулеб ишалъулъ гIахьаллъизе.

 

МухIаммадхIажи АхIмадов,

Унсоколо росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...