Аслияб гьумералде

Бусурбабазул конференция

Бусурбабазул конференция

Бусурбабазул конференция

МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тIобитIана Северияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъулаб централъул конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Северияб Кавказалъул республикабазул муфтияз, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул вакилзабаз ва цогидазги. Тадбир рагьана хирияб Къуръан цIалиялдалъун.

Данделъиялда гIахьаллъаразе саламги кьун кIалъай гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица. Гьес баркала загьир гьабуна цадахъ рекъон гьабулеб бугеб хIалтIухъ ва хIажатаб мехалда кумекалъе ратулел рукIиналъухъ. «Бусурбанчияс киданиги квешлъи гьабуларо лъиениги. Гьебгиха, я рагIудалъун я ишалдалъун. Гьединаллъун рукIине ккола нилъги, ай кидаго цоцазе лъикIлъиги кумекги гьабулеллъун.

Гьабулеб хIалтIул, ишалъул хIасил ккезе ккани, гьеб гьабизе ккола цадахъ рекъон. Цадахъ рукIиналда жаниб буго баракатги ва гьедин гьабураб хIалтIуца хIасил кьечIогоги толаро», - ян абуна Дагъистаналъул муфтияс. Диниял церехъабаз гьабулеб бугеб пайдаяб хIалтIул хIакъалъулъ бицун кIалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасги.

«Инсаналъ» хIасил гьабуна

Дагъистаналда бищун кIудияблъун ва гIемерав чиясе кумек гьабизе рес кколеблъун рикIкIунеб фонд буго «Инсан». Дагьал церегIан къоязда гьелъул нухмалъиялъ бицана 2021 соналъ жидецаго гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьелъул бицине данделъараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатаз, министраз, шагьаразул ва районазул нухмалъулез, жамгIиял хIаракатчагIаз, бизнесалъул, медицинаялъул, культураялъул, лъай кьеялъул гIуцIабазул вакилзабаз. Фондалъе баркала загьир гьабураб калам гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутатал Султан ХIамзаевас ва Артём Бичаевас.

Гьез цебеккунги «Инсаналъ» тIобитIараб чанго акциялда гIахьаллъиги гьабун букIана. Данделъиялда кIалъазе вахъана ДРялъул бетIерасул гIакълучи МухIаммадгIали Саламовги. Фондалда цадахъ жидецаго гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ ва захIматалъул министр Изумруд Мугудиновалъ. Бизнес - жамгIияталъул рахъалдасан кIалъана «Инсан» фондалъул къайимчилъиялъулаб советалъул бетIер Мурад Алискеров, бизнесмен Арслан Ражабов ва «Рост» абураб бакIал раялъулаб компаниялъул нухмалъулев МухIаммад Шагьов. ГIалим МухIаммад МухIаммадовас бицана закагIат кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Студентазул бергьенлъи

Исламияб гIелмуялъул ва гIараб мацIалъул рахъалъ тIобитIараб ТIолгороссиялъул олимпиадаялда бергьенлъи босана Дагъистаналъул цIалул идарабазул студентазги. Олимпиада тIобитIана Казаналда, Россиялъул исламияб институталда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна улкаялъул исламиял цIалул 20-гIанасеб идараялъ. Къец тIобитIана «ГIараб мацI», «ШафигIил мазгьабалда исламияб ихтияр», «ХIанафил мазгьабалда исламияб ихтияр», «Диналъул кьучIал» ва «Исламияб ихтияр» абурал номинациязда рекъон. «ГIараб мацI» ва «ШафигIил мазгьабалда исламияб ихтияр» номинациялда бергьана Шамил Батимирзаев ва МухIаммад МухIаммадов.

Гьел ккола МухIаммад-ГIариф шайихасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталъул студентал. «Исламияб ихтияр» номинациялда бергьенлъи щвана МухIаммадГIариф шайихасул цIаралда бугеб мадрасалъул мутагIил СайидмухIаммад ХIамидовасе. «Диналъул кьучIал» номинациялда кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Дагъистаналъул исламияб университеталъул студент Шамил Багъатаров. СагIидбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб университеталъул студентал Рамазан МуртазагIалиевас ва МухIаммад МухIаммадовас ккуна лъабабилел бакIал.

ИчIго сон барав васасул сахаватлъи

Каспийск шагьаралдаса ичIго сон барав васас жинцаго данде гьабун букIараб гIарац кьуна захIматго унтарал лъималазе. Гьесда ракIалда буго хадубккунги гьединал акциял тIоритIизе ва гьес цогидал лъималги ахIулел руго жиндаса мисал босизе. Интернеталдасан унтарал лъимал рихьидал ният ккун буго АгъамухIаммадил гьезие кумек гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ гьес бицана эбелалда ва гьел кIиялго рачIана «Инсан» фондалде.

«Дица данде гьабунщинаб гьаб гIарац бокьун буго цо лъикIаб ишалда тIад хвезабизе. Дица гIарац данде гьабулеб букIана диего цо щиб бугониги жо босизе. Амма YouTubалдасан унтарал лъимал рихьидал, дица ният гьабуна, дагьаб бугониги, гьаб гIарац гьезие кьезе. Бокьун буго «Копилка добра» абураб акция тIобитIизеги. Щиб лъалеб, дидаса мисал босизе рес буго дунго гIадал гIемерал лъималаги», - ян бицана ичIго сон барав АгъамухIаммадица.

«ГIумруялъе гIоло – рекери»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, захIматго унтарал лъималазе кумек гьабиялъул мурадалда, Гъизляр шагьаралда тIобитIана рекериялъул рахъалъ хасаб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 1000-ялдасаги цIикIкIун чияс. Рекериялда гIахьаллъана Гъизляр районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIилов, шагьаралъул мэр Александр Шувалов, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи ва цогидалги. Гьел рекерана 2,6 километралъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...