Районалъул бетIергун дандчIвана

Гъизляр районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадхIабиб МухIаммадов дандчIвана районалъул бетIер Аким Владимировичгун.
Гьениб районалъул бетIерас абуна районалъул тIалъи кидаго хIадураб бугин Динияб идараялъул хIаракатаб хIалтIул рахъ кквезе ва цадахъ рекъон хьвадизе.
Гьенибго суал борхана диниял объектал законалда рекъон ккезариялъе документал хIадуриялъулги.